Муг1алим-г1уц1арухъан рак1алде щвезавун
20 ноябралъ Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалда т1обит1ана г1емерал соназ гьелъие нухмалъи гьабурав Дагъистаналъул ва РСФСРалъул мустах1икъав учитель Гьиматов Шапиг1 Мух1амадович гьавуралдаса 100 сон т1убаялъул х1арматалда гьев рак1алде щвезавиялъул юбилеялъулаб данделъи. Рохалилаб гьеб тадбиралда г1ахьалъана райадминистрациялъул, лъай кьеялъул отделалъул вакилзаби, Шапиг1 Мух1амадовичасул гьудул-гьалмагъзаби, цадахъ х1алт1арал ва г1агарлъи. Юбилеялъулаб вечер рагьана ва гьеб нухда бачана школалъул рахьдал мац1алъул учительница Х1амзатова Пат1иматица. Кванил ниг1матаз берцинго г1уц1араб столалда нахъа цин-циял рахъун вечералъул г1ахьалчаг1аз рак1алде щвезавуна Шапиг1 Мух1амадовичасул зах1маталъулаб нух, гьесул г1умруялдаса жидедаго рак1алда ч1арал цо-цо лах1затал.
Интересал рак1алдещвеялгун к1алъана КПССалъул Хунзахъ райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун вук1арав Мух1амадов Гъази, Гьоц1алъ совхозалъе нухмалъи гьабурав зах1маталъул ветеран Г1алиев Х1ажи ва цогидалги. Шапиг1 Мух1амадовичасул зах1маталъулаб биография хадусел г1елазе мисаллъун бук1ине ккеялде, гьединазул ц1арал абадияллъун гьаризе т1адаб бук1иналде ах1арал к1алъаял гьаруна райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель А. Г1абдуразакъовас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев З. Г1умаровас. Г1агарлъиялъул рахъалдасан Шапиг1 Гьиматов к1одо гьавуралъухъ баркала кьун к1алъана Г1амирханов Мух1амад ва Шапиг1ил вас Г1абдулх1амид. К1алъаязда гьоркьоб экраналда рихьизаруна Шапиг1 Мух1амадовичасул зах1маталъулаб нух лъазабиялъул мурадгун т1орит1арал Социалистияб зах1маталъул Бах1арчи Махулов Мух1амадилгун, Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Гьиматов Мух1амадрасулилгун ва цогидал гьев лъалев вук1аразулгун гьарурал дандч1ваяздаса видеофильмазул бут1аби. Вечер ана гьелда г1ахьаллъаразе пайдаяб ах1вал-х1алалда.
|