Артцул Шамил Гьиматович гьавуна 1969 соналда Хунзахъ росулъ. Ц1алана Мах1ачхъалаялда № 3 гьоркьохъеб школалда. Школа лъуг1идал х1алт1изе лъугьана ремзаводалде, гьениб гьесие щвана II разрядалъул токарасул махщел. Армиялда т1адаб хъулухъги т1убазабун, х1алт1изе лъугьана вневедомственнияб охранаялда. 1990 соналда ц1ализе лъугьана ДГУялъул юридикияб факультеталде. 3 курсалда заочноги босун, х1алт1изе лъугьана Мах1ачхъалаялъул Советский районалъул следственнияб отделалде. Рахъи бугеб х1алт1ухъ к1иго нухалъ рик1к1ана ДРялъул бищун лъик1ав следовательлъун. Гьенив Шамил мустах1икълъана юстициялъул капитанасул ц1аралъе. Хадуб гьев х1алт1изе ах1ана ДРялъул таможнялъул дознаниялъул отделалде, гьениб гьесие щвана майорасул ц1ар. 2004-2011 соназ нухмалъи гьабуна Астрахань шагьаралъул федералияб мал-мулкалъул Россиялъул фондалъул цо отделалъе. Хадусел соназ Сочиялде гочиндал, Шамил х1алт1ана сбербанкалъул цо отделалъул к1удияв юрис-консультлъун. Жинжирго лъаялдаги, махщалидаги г1ей гьабич1о Шамилица, гьев 2010 соналъ ц1ализе лъугьана Белгород шагьаралъул потребителазул кооперациялъул университеталъул «Банковское дело» факультеталде. Гьал къояз Шамил Гьиматович т1амуна МФЦялъул нухмалъулевлъун. Шамилил йиго хъизан, ункъго яс.
|