Автор.П.Гунашева.Июнь 2014с.
Цересел соназги ниж-редакциялъул х1алт1ухъаби, г1адатиял г1адамазул г1умру-яшав, гьезул рохел-къварилъи газеталъул гьурмаздасан бихьизабун, нижедасан бач1араб лъик1лъи, кумек гьабиялъул мурадалда щун рук1ана районалъул киналгоязде г1унт1ун росабалъе. Исанаги, нижер нигат буго, гьелго сапарал такрар гьаризе.
Кинабго жо централдасан байбихьулелъул, рихьулел ч1ах1иял х1алт1абиги т1адран унел ругелъул, чанго росу гъорлъе унеб к1удияб администрацияги бугелъул лъик1аблъун бихьана росабазул г1умру бихьизабиялъе байбихьи Хунзахъан гьабизе. Райцентралда гьарулел х1алт1абазул, ругел г1олел-г1оларел рахъазул нижер мухбиралъе бицана росдал администрациялъул нухмалъулев Т1алх1атов Хизрица ва гьесул заместитель Абух1ов Къурамух1амадица.