Автор.П.Гунашева.Май 2014с.
Поэт, хъвадарухъан, Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул член, Хъах1абросулъа Мах1мудил, Инхоса Г1алих1ажиясул ва гь. ц. премиязул лауреат, Харахьиса Мах1муд-Апанди машгьурав вуго унго-унголъун адабиятги, маданиятги, г1агараб рахьдал мац1ги хириял маг1арулазда гьоркьов. Г1адатиял маг1арулазе гьев вокьула гьесул жугьабазе г1оло гуревги, гьесул г1адатлъиялъухъги, г1аданлъиялъухъги, г1адан ват1а гьавич1ого маг1арул чи гьесие хиралъиялъухъги. Кутакалда рокьула шаг1ирасе жиндирго росу-ракь, живго жанив ц1аларал школаби, г1умруялде жив вахъинавун дарсал кьурал муг1алимзаби.
Гьал къоязда Мах1муд-Апанди щвезе вач1ун вук1ана живго ц1аларав Г1арани гьоркьохъеб школалде. Гьесда цадахъ рач1ун рук1ана Мах1муд-Апандил гьудул-гьалмагъзаби-г1ахьвалазул «Ашвадо» газеталъул редактор Х1ажиев Махсут1 Исмаг1илович ва цогидалги.