Культураялъул управлениялъул ц1ияй нухмалъулей Мух1амадова Ирайгьанат Халиловна.
Г1агараб Гьоц1алъ росдал гьоркьохъеб школа лъуг1арай И. Мух1амадова ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул росдал маг1ишаталъул институталде, 1994 соналъ яхъана агрономлъун. Ирайгьанат Халиловна х1алт1ана г1агараб росдал школалдаги. 1995 соналдаса гьей йик1ана школалъул психологлъун ва цадахъго кьуна биологиялъулги дарсалги. И. Мух1амадовалъ лъуг1изабуна Москваялъул социалияб университетги. Ирайгьанатил муг1алимлъиялъулаб зах1мат к1одо гьабуна грамотабаздалъунги къиматал сайгъатаздалъунги, гьей ккола Россиялъул Федерациялъул г1аммаб лъай кьеялъул х1урматияй х1алт1ухъан, рос Мух1амадгун цадахъ тарбия-лъай кьун г1езарулел руго лъабго лъимал.
Т1оцебесеб маялдасан Мух1амадова Ирайгьанат Халиловна т1амуна районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулейлъун. Ц1ияб х1алт1уда ч1ах1иял бергьенлъаби дуе Ирайгьанат.
|