Вторник, 07.05.2024, 13:59 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 24 » НИЛЪЕР ПОЭТАЛ. ШАГЬИРАСУЛГУН ДАНДЧ1ВАЙ.
16:42
НИЛЪЕР ПОЭТАЛ. ШАГЬИРАСУЛГУН ДАНДЧ1ВАЙ.

Поэт, хъвадарухъан, Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул член, Хъах1абросулъа Мах1мудил, Инхоса Г1алих1ажиясул ва гь. ц. премиязул лауреат, Харахьиса Мах1муд-Апанди машгьурав вуго унго-унголъун адабиятги, маданиятги, г1агараб рахьдал мац1ги хириял маг1арулазда гьоркьов. Г1адатиял маг1арулазе гьев вокьула гьесул жугьабазе г1оло гуревги, гьесул г1адатлъиялъухъги, г1аданлъиялъухъги, г1адан ват1а гьавич1ого маг1арул чи гьесие хиралъиялъухъги. Кутакалда рокьула шаг1ирасе жиндирго росу-ракь, живго жанив ц1аларал школаби, г1умруялде жив вахъинавун дарсал кьурал муг1алимзаби.

Гьал къоязда Мах1муд-Апанди щвезе вач1ун вук1ана живго ц1аларав Г1арани гьоркьохъеб школалде. Гьесда цадахъ рач1ун рук1ана Мах1муд-Апандил гьудул-гьалмагъзаби-г1ахьвалазул «Ашвадо» газеталъул редактор Х1ажиев Махсут1 Исмаг1илович ва цогидалги.

Школалде жанире лъугьунаго хъатч1ваялдалъун дандч1вай гьабуна ц1алдохъабазулгун учительзабазул коллективалъ гьалбадерида. Мах1муд-Апанди к1одо гьавун школалде рач1ун рук1ана гьесие чанги дарсал кьурал, лъик1аб-квешаб малъарал филологиялъул г1елмабазул кандидат Ц1адаса Х1айбулаев Мух1амадрасул, Хунзахъа Цахаев Бат1ал Магъулович ва Сулейманова Умужат Къасумовна.

Шаг1ирасул творчествоялъе гуребги, г1адан х1исабалдаги Мах1муд-Апандие т1адег1анаб къиматги кьолаго дандч1вай бачана М-р Х1айбулаевас. Цоцазул къварилъи-г1ат1илъи г1ахьал гьабулин жидецаян, г1агарлъиялъул г1адал божа-рокьиялъул гьоркьорлъаби лъугьанин жидеран, жиндие ав васг1адав чи вугилан бицана ц1алдохъабазе гьабсаг1атги школалда х1алт1улей йигей Умужат Къасумовнаялъ.

Муг1алималъул эбелалъулабг1адаб к1алъаялдаса хадуб, гьелъие жинцаго сайгъат гьабураб кеч1 ц1алана Мах1муд-Апандица. Бат1ал Магъуловичас ч1ух1игун бицана Г1арани гьоркьохъеб школалдаса лъабго поэт вахъанилан: дунялалдаго Дагъистаналъул ц1ар машгьур гьарурал Расул Х1амзатов ва Фазу Г1алиева, лъабабилев Мах1муд-Апандиги.

Адабалъеги, реццалъеги жал мустах1икъал г1адамазул к1алъаяздаса хадуб байбихьана ц1алдохъабазул хас гьабун х1адурараб церерахъин. Лъималаз к1удияб гъираялда бицана шаг1ирасул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ, ах1ана ва пасих1го рик1к1ана гьесде цойгидаз гьарурал ва живго Мах1муд-Апандил куч1дул, гьаруна кьурдаби. Ралагьараз к1удияб гъираялда къабул гьабуна Батиров Къасумица пандрида ах1араб кеч1. Гьединабго церерахъин х1адурун бугоан Мах1муд-Апандил росулъа-Харахьи гьоркьохъеб школалдаса ц1алдохъабазги.

Ц1алдохъабазул церерахъиназдаса хадуб дандч1ваялъул тадбир бачунев М-р Х1айбулаевас к1удияв Расул Х1амзатовасгог1адин жиндирго асарал рек1ехъе ц1алулила Мах1муд-Апандицаянги бицун, раг1и кьуна х1урматияв гьоболасе. «Шамил божулев наиб» абураб поэма ва цо чанго жиндирго кеч1 ц1алана шаг1ирасги данделъаразе. Мах1муд-Апандица к1удияб адабалда бицана Г1арани гьоркьохъеб школалда арал соназул, жиндиего тарбия-лъай кьурал учительзабазул х1акъалъулъ. Гьес жиндирго рук1арал, дандч1ваялде рач1арал муг1алимзабазе ва школалъе сайгъат гьаруна жиндирго асаразул мажмуг1ал. Бат1ал Магъуловичас г1урус мац1алда бугеб цо т1ехьги сайгъат гьабун, Мах1муд-Апандие т1адкъай кьуна асарал хъвай гуребги, гьалъулги ва цоги т1ахьазулги маг1арул мац1алде таржама гьабеян.

Районцоязул к1алъаяздаса ва церерахъиназдаса хадуб Мах1муд-Апандие къимат кьун учительзабаздагун ц1алдохъабазда цеве вахъана Г1ахьвахъ районалдаса, лъабго моц1алда (литературияб маг1арул, жидерго ва г1урус) къват1ибе биччалеб «Ашвадо» газеталъул редактор, Мах1муд-Апандил гьудул-гьалмагъ Х1ажиев Махсут1 Исмаг1илович. Шаг1ирасулги жиндиргоги бугеб божа-рокьиялъул бицин гуребги, Махсут1ица рек1ел ч1ух1игун бицана жидерго районалъул Къамыш-хъутаналъул гимназиялъулалгун Мах1муд-Апандил бук1араб ц1акъ берцинаб дандч1ваялъул, г1ахьвалазда поэтасул творчество лъаялъул, гимназиялда Мах1муд-Апандил х1акъалъулъ стенд гьабун бук1иналъул ва цогидалъулги.

Дандч1ваялъул ахиралда Г1арани гьоркьохъеб школалъул организатор Мах1мудова Сидратица к1удияб баркала кьуна школалде рач1арал гьалбадерие, расги к1вах1аллъич1ого рокъор х1ухьбахъиялда ругониги дандч1ваялде рач1арал г1емерал соназ муг1алималлъун х1алт1аразе.

Рак1 рагьараб, пайда ц1ик1к1араб дандч1вай ана киналго разияб, гьудуллъиялъулаб ах1вал-х1алалда.

Гьелдаса хадуб Мах1муд-Апандида ва цадахъ рач1арал гьалбадерида рак1алда бук1ана халкъияв поэт Г1абасил Мах1амадихъе ва Савдатихъе Лъаг1илухъе щвезе инеги.

Гьадинал, цойгидазеги мисалиял, ц1ар раг1арал г1адамал г1емер рахъаги нилъер районалда.

П. Гунашева.       






 







 

Просмотров: 839 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz