Автор.Г1.Г1исаев.Июнь 2013с.
Редакциялъул жибго бет1ергьанаб транспорт гьеч1олъиялъ
росабалъе хьвадун районцоязул х1ал-х1укму ц1ехезе кидаго гуро ниж мухбирзабазе
рес щолеб. Амма нижеца х1аракат бахъула райцентралде рач1арал бегавулзабазулгун
гара-ч1вариял гьарун гьезул халкъалда цебе х1исаб кьей бук1инабизе. Лъаг1илухъ
росдал администрациялъул бет1ер Мирзоев Сахратулагьилгун дир ккараб къокъаб
гара-ч1вари кьолеб буго газеталъул гьаб номералда.