Вторник, 30.04.2024, 18:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июнь » 22 » ЩИВГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О , ЩИБГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О.
17:17
ЩИВГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О , ЩИБГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О.

Дир рек1елъ ц1унун руго

Гороев Шайихмух1амад гьавуна 1915 соналда Бакьагьеч1и росулъ мискинчиясул хъизаналда. 1930 соналъ гьес лъуг1изабуна 7 класс ва ц1ализе лъугьана Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялде. Гьеб лъуг1ун хадуб гьев х1алт1изе лъугьана Г1арани гьоркьохъеб школалде физкультураялъул учительлъун.

Гороев Шайихмух1амад вук1ана нилъер районалъул т1оцевесев пионерлъун. Гьединго гьесул ц1ар т1ибит1ун бук1ана эркенаб гугариялъул рахъалъ махщел камилав гугарухъан х1исабалдаги.

Нижер школалдасан Шайихмух1амад вит1ана Болъихъ районалде судьялъун. Гьес гьениб живго вихьизавуна унго-унгояв х1алт1ухъанлъун. Районалъул г1адамал рази рук1ана гьесул жигараб х1алт1иялдаса.

Гьенисан Шайихмух1амад вит1ана Армиялде. Советияб Армиялде унев вугилан гьес эбелалда бицун бук1унаро. Болъихъ жиндаго аск1ой йик1арай эбел гьес йит1ула Бакьагьеч1ие. Живго 3 къоялдасан уна Мах1ачхъалаялде, гьенисан Армиялдеги. Эбел ц1акъ рак1 бакъван йик1уна васас жив унев вугилан бицинч1олъиялъ. Васасулги рак1 бух1ун бук1уна, эбелалъул рак1 бакъвазабиларин абун гьелда бицинч1олъиялдаса. Советияб Армиялда хъулухъ гьабулелъул Шайихмух1амад лъугьуна  Ярославлялъул интенданскияб училищеялде. Гьениб гьес эркенаб заманалда ругьун гьаруна гьудул-гьалмагъзаби рагъулаб хъулухъалъе.

Армиялда гьев вук1ана пулеметазул взводалъул командирлъун. Шайихмух1амад  бах1арчилъиялда вагъана нилъер тахшагьар Москва эркен гьабиялъе г1оло рук1арал рагъазулъ. Армиялда вугев мехалъги, фронталдаги эбелалъулги васасулги гьоркьоблъи къот1ун бук1инч1о. Гьесул эбел йик1ана ц1акъ пагьму-гьунар бугей г1адан. Гьелъ фронталде васасухъе хъван бук1ана:

Хариде т1огьолг1ан т1ад мах1 гьуинаб,

Цо салам бит1изин рек1ел т1егьалде.

Дунги рак1алде щун кагъат бач1индал,

Ч1ух1араб рецц гьабун почалда лъезин.

Маргъал т1ад бекьараб конверт рагьидал,

Керен г1ат1илъана г1олеб куцалда.

Каранда ц1а лъураб рохалил кагъат

Рич1ун балагьидал рак1 х1айранлъана.

Маргъал т1ад бекьараб дур х1урупаца

Мун вихьаравг1адин асар гьабуна.

Гьеб дур кагъат рич1ун ц1алулеб мехалъ

Т1огьол мах1 бахъана дун ч1араб рокъоб.

Дудаса ч1ух1иялъ ч1езе к1веялъе,

К1иго раг1и хъвана хъах1аб кагътида.

Назмияб жаялъе дун лъик1ай гьеч1ин

Г1айибги гьабуге гьал раг1абазда.

Воре, воре, дир вас, Шайихмух1амад,

Маг1данияб нухде гъеж гурун к1анц1е.

Гьел дур кьерилазул рак1ги т1ад релъун

Мун г1адада ч1оге цо лах1заталъги.

 

Фронталдаса васас бач1араб ахираб кагъат

Дир щакъи къороллъана, къалам х1орго хут1ана,

Бесдалаб пероялда пуланаб къо рещт1ана.

Зодихъ т1айпусалъег1ан т1ад ч1олеб бак1ги гьеч1о,

Г1алхуда г1анк1илг1анги рук1елги батуларо.

Маргъалул дир черх буго чаранг1адин хьвадулеб

Чергесал лугбал руго гъалбац1ил т1анч1ил г1адин

Ургьиб рек1ун рак1 буго, рек1ел мурад – нуж рихьи,

Бергьенлъигун вуссине сабру т1аг1ун дун вуго.

Шайихмух1амадил эбел Халун йик1ана ц1акъ к1вах1 гьеч1ей, тирияй,  х1алт1изе бокьулей, г1адан хирияй, г1адамасе кумек к1удияй, г1аданлъи бугей ч1ужуг1адан.

Дир эбел Пат1имат, Халунил к1удияй яц, унтараб мехалъ гьелъ ниж рехун теч1о, нижеда аск1оеги яхъун чанго соналъ нижее к1вараб кумек гьабуна. Гьелъ хур-хералъул х1алт1и гьабулаан, зах1матаб х1алт1удаса х1инкъулароан. Хунзахъ къадаиццт1аса бахъараб к1иго г1ерет1 къвалидаги  баччулаан  Самилахъ авалалда нижер мина бугеб бак1алде щвезег1ан. Гьелъул бук1унаан гьуинаб, т1аг1амаб квен, махщел бук1ана юкъаризеги. Дида киданиги к1очон теларо мунагьал чураял дие эбеллъи гьабурай, лъик1аб – квешаб малъарай дирго ункъг1ал Халунги гьелъул вас Шайихмух1амадги. Гьит1инай ч1ужу йик1аниги, дида кидаго цеве ч1ун  вук1уна, жиб-жиб къоялъ радал хехго т1адеги вахъун Ш1айихмух1амадица гьабулеб бук1араб зарядка, нижер т1охт1а бук1араб михир кидаго эхеде борхулеб бук1араб куц. Гьев кидаго ц1улал тахит1а гурони кьижулароан, ц1орораб лъим г1емерго гьекъолаан. Цебеса унаро Шайихмух1амадил х1еренлъи, х1алимлъи, къвак1а-шак1и, сахлъи бугев лебалав г1олохъанчиясул, гугарухъанасул сипат-сурат. К1очонаро жеги лъабго сон барай  лъимер йигеб мехалъго, гьес дида  малъун рук1арал «Катюша», «Три танкиста» ва гьел гурел цогидалги куч1дул.

Аллагьас х1ал Алжаналде ккун батаги гьезул.

Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о.

Умужат Къасумовна, Г1арани г1аммаб лъай кьеялъул гьоркьохъеб школалъул учительница.


К1удияб Бергьенлъиялъ 68 сон т1убаялде

Бокьун кьалде аразул цояв

1924 соналда баг1арав партизанасул хъизаналда гьавуна Атаев Х1осенх1ажи. Гьит1инав г1олиласул Хунзахъ 7 сонил школа лъуг1араб моц1алъ байбихьана фашистазул чияр ракьал рахъулез тохлъукье т1адеги к1анц1ун эркенаб Советияб улкаялъулгун гурх1ел гьеч1еб рагъ. Байбихьана «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе г1оло»,-ян абураб ах1иялда гъоркь К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул т1оцересел къоязго тушманасдаса г1агараб Ват1ан ц1унизе кьалул фронталде ана росдал г1олохъаби. Росабалъ г1уц1изе байбихьана истребительниял батальонал. Гьел г1уц1улел рук1ана рукъор хут1арал ц1ик1к1араб г1елалъул г1адамаздасан ва жеги г1олил г1ужде рахинч1ел г1исинаб г1елалдасан. Гьезда гьоркьов вук1ана Х1осенх1ажиги.

1943 соналда Дагъистаналда жидеего бокьун рагъде унезул багъа-башари (добровольческое движение) байбихьарабго, Х1осенх1ажицаги жиндир г1елбащадазда цадахъ т1оцебе г1арза хъвана фронталде вит1еян. 1943 соналъул май моц1алда г1олиласул г1арзаги къабул гьабун, районалъул добровольцазда цадахъ армиялде вит1ана. Къокъалго рагъуе х1адургьариялъул ругьунлъабиги гьарун, Х1осенх1ажица г1ахьаллъи гьабула Украинаялда ва г1орхъи тун Бакът1ерхьул улкабазда рук1арал кьварарал рагъазда. Бах1арчиго вагъана Донбасс эркен гьабиялъулъ, Днепр г1ор бахиналъе г1оло, Венгрия, Австрия пачалихъал ва гьезул тахшагьарал Будапешт, Вена кверде росиялъе г1оло рук1арал ц1об гьеч1ел рагъазда. Кьалул майданалда Х1осенх1ажи лъукъунги вук1ана. Амма сахлъаравго гьев рагъул цебесеб кьералде т1ад вуссана. Х1осенх1ажил тушманасдаса г1агараб Ват1ан ц1униялъе г1оло гьабураб бах1арчияб ва бихьинчилъиялъул мисалалъе мустах1икъаб къох1ехьеялъул ва багьадурлъиялъул нуг1заллъун ккола кьалул майданалда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло гьев мустах1икълъарал 1-себ ва 2-леб даражаялъул Ват1анияб рагъул орденал, 2 Багьадурлъиялъе г1оло, Будапешт, Вена кверде босиялъе г1оло ва г1емерал цогидалги медалал. Бергьенлъиги босун, Х1осенх1ажи рагъдаса т1ад вуссана сержантасул рагъулаб чингун.

Рагъдаса вуссун хадуб г1емерал соназ нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул нухазул управлениялъул Хунзахъ бук1араб отделалъе. Гьелда цебе Х1осенх1ажица лъуг1изабун бук1ана Мах1ачхъалаялъул автодорожнияб техникум. Х1осенх1ажи нухмалъулевлъун вугеб заманалда гьесул отделалде кколел нухал т1адег1анаб даражаялда ч1езариялъе, кьоял раялъе ва гь.ц. нухал къач1аялда хурхарал г1емерал х1алт1аби гьаруна.

Рехсеч1ого г1оларо Х1осенх1ажил спорталда гьоркьоб бук1араб Дагъистаналдаго машгьураб гьунаралъулги. Гьев вук1ана кинабго рахъалъин абизе бегьулев, цевет1урав спортсмен. Ядро тункиялъул, бак1лъи борхиялъул, гугариялъул рахъалъ цеве вахъарав Х1осенх1ажица Республикаялда цересел бак1ал росулаан. Рак1алда буго районалде цо вач1арав гугарухъанас бокьарав вахъайила жинда дандеян абидал, Х1осенх1ажица гьев бубудулев вук1арав бугъа данд хъвалелде гъоркь т1ами. Хасго бицен гьабизе ккола Х1осенх1ажил волейбол х1аялъе бук1араб т1адег1анаб махщалилги. Гьеб х1ай Х1осенх1ажие гьит1инаб мехалдасаго бокьулаан ва гьелъие гьунарги махщелги бук1ана. 1954 соналда Воронеж шагьаралда т1обит1араб Россиялъул росабазул волейболалъул командабазул къецалда Х1осенх1ажи капитанлъун вук1араб Хунзахъ районалъул волейболалъул командаялъ т1оцебесеб бак1ги ккун, Россиялъул чемпионаллъун рахъун рук1ана. Х1осенх1ажил г1ахьаллъиялда районалъул командаялъ Дагъистаналъул спартакиадабазда т1ат1алаго т1оцересел бак1ал росулаан.

Гьабсаг1ат Х1осенх1ажи нилъгун гьеч1о. Рагъда ккарал сакъатаз гьесул г1умру къокъ гьабуна. Гьесул мунагьалги чурун ратаги, Абадияб рукъалдасаги вохун ватаги. Г1агараб Ват1аналъе г1оло бах1арчилъиялда къеркьаразе абадияб рецц!      

Просмотров: 971 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz