Вторник, 30.04.2024, 16:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июнь » 22 » РОСАБАЗУЛ АДМИНИСТРАЦИЯЗДА.
17:23
РОСАБАЗУЛ АДМИНИСТРАЦИЯЗДА.

Кандидатазул т1адеросиязда гьанже г1адамал божуларо

Редакциялъул жибго бет1ергьанаб транспорт гьеч1олъиялъ росабалъе хьвадун районцоязул х1ал-х1укму ц1ехезе кидаго гуро ниж мухбирзабазе рес щолеб. Амма нижеца х1аракат бахъула райцентралде рач1арал бегавулзабазулгун гара-ч1вариял гьарун гьезул халкъалда цебе х1исаб кьей бук1инабизе. Лъаг1илухъ росдал администрациялъул бет1ер Мирзоев Сахратулагьилгун дир ккараб къокъаб гара-ч1вари кьолеб буго газеталъул гьаб номералда.

 

Сахратулагь администрациялъул бет1ерлъиялде вач1ана, 15-г1ан соналъ гьеб идараялъул секретарьлъунги х1алт1ун. 2010 соналъ росдал бет1ерлъиялде вищарав Сахратулагьида лъик1 лъалеб бук1ана администрациялде гъорлъе унел росабазул г1узраби-къварилъаби. Гьезие бигьалъи гьабизе къасдгун вач1ана гьев гьеб зах1матаб хъулухъалде.

 

Росдал бет1ерлъиялде вач1унаго, жамаг1атазе кьураб раг1иги, гьарурал т1адеросиялги рук1инч1ила жиндир. Цо-цояз, хасго депутатлъиялде кандидатаз, рищиязда цересел дандч1ваязда зурма бицатаб рахъалъ пун, гьарула кидаго т1ураларел т1адеросиял. Вищун хадувин абуни, ч1ег1ераб царадаг1анги берч1вазе ч1оларо ва хадусел рищиял г1агарлъизег1ан, доб росдал ц1арцин к1очона. Гьелъ т1адеросияздаги кандидатасдаги божулев чи къанаг1ат вук1уна. Росдал бет1ерас жамаг1аталъе гьабулеб х1алт1и бараб бук1уна росдал бюджеталде рач1унел дотациялъул гъурщазда. Ч1вазего ч1вач1еб, рохьоб бугеб чание ц1ет1а хьаг лъезе бегьилариланги тун батизе бегьула т1адеросиял гьаризе Сахратулагьица. Кинан бук1ун батаниги росдал бет1ерлъиялде вищиялъ нуг1лъи гьабула С. Мирзоевасда росдаца божилъи гьабулеб бук1иналъе.

Живго Сахратулагьицаги абулеб буго ч1ах1иял т1аде росиял гьарич1ониги, администрациялде гъорлъе унел росабазул г1адамазе бажарарабщинаб гьабизе, законазул г1орхъулъа къват1иве ворч1ич1ого, гьезул мурадал, т1алабал т1уразе къасдгун вач1анила жив рищиязде. Жинда рак1алда рук1арал ишазул гьаруралги ругила, жеги т1уразе бажарич1елги ругила. Гьарурал х1алт1абазул росабазул жамаг1атал районалъул администрациялъул бет1ер Х1. Дарбишевасдаса ц1акъ разиял ругила. Бит1ахъе Х1. Дарбишевас жиндирго бет1ералде босун, к1одо гьабураб Дагъистаналъул халкъияв поэт Г1абасил Мух1амадица 80 сон т1убай. Х1ажиясул жигараб х1аракаталдалъун росулъе чвахана гьекъолеб лъим. Капиталияб ремонт гьабуна рагъда хваразул х1урматалда бараб памятникалъе, гьединабго х1алт1и гьабуна росдал паркалдаги. Лъел мухъазе гьабуна ремонт. Ниж ц1акъ разияб ишлъун буго сахаватчи Р. Мух1амадовас Т1екит1а токалъул мухъазе, мажгиталъе жиндирго харжаздалъун капиталияб ремонт гьаби. Цоги сахаватчияс босана электротрансформатор.

Росдал бет1ерасул жигарал кумекчаг1и руго росдал г1олохъаби. Кинаб х1алт1и гьабулеб бугониги, хасго нухал, лъел мухъал ва цогидабги гьоркьосеб х1алт1и-ишазулъ жигараб г1ахьаллъи гьабула росдал г1олохъабаз.

Киг1ан дие бокьун бук1аниги бажарич1о росабазда гьоркьосеб нухал къач1азе, Ц1елмес росдал нахъа авалалде нух бахъизе. Рак1алда бук1ана администрациялъул бульдозералъ магъилъе ругел нухалги къач1азе, амма заманалда г1арац щвеч1олъиялъ дир мурад т1убач1о.

Зах1матаб, администрациялда кумек гьабизеги т1аса босизеги бажарулареб г1узрулъун хут1ун буго г1олохъанаб г1елалъе росулъ х1алт1и гьеч1олъи. Г1олохъаби хут1улел руго бищун социалияб рахъалъ ц1унич1еллъун. Гьединал г1олохъаби сезоналъул х1алт1уде росулъа къват1ире ине кколел руго. Миркалъго росу тун ин Лъаг1илухъ къанаг1атаб х1ужжа буго. Гьелъул г1аксалда, шагьаралдаса г1адамал росулъе руссунел руго. Ахирияб анц1го соналъ ц1и гьарурал лъималазул къадар 10 нухалъ ц1ик1к1ун буго, г1емерлъулел руго лъимал г1емерал хъизамал. Гьел х1ужжабаз ниж рази гьарулел руго. Харабазул росу лъигьиналъул х1инкъи гьеч1о. Амма лъимал г1емерлъиялъ бег1ерго цебе ч1ун буго ясли-ахалъе минаялъул суал. Чара гьеч1ого х1ажат буго яслиялъе ц1ияб мина. Жамаг1аталъул хьул буго районалъул бет1ер Х1. Дарбишевасда нижер къварилъи бич1ч1иялде. Гьесда гьеб проблема лъала.

Администрациялъул ракьалда ругел росабалъ руго 1 гьоркьохъеб школа, 2 ясли-ах, 3 СДК, 2 ФАП. Гьел идарабазда х1алт1улев вуго 100 г1анасев моц1рое ч1ара-хьараб харж бугев чи.

Районалъул цогидал росабалъ г1адин, ах-хуралъул х1алт1и рехун толеб буго. Лъег1елдерил аслияб маг1ишат бук1ана пихъидасан. Цебе гьеб босулаан пихъил консервал гьарулел заводаз. Гьенже гьел х1алт1илел гьеч1о, бичун гьеб босизе чаг1иги рач1унел гьеч1о. Бичун унареб продукция г1адамазги г1езабулеб гьеч1о.

Колхозалъул (СПКялъул) аслияб маг1ишат хъутаналда буго. Хур бач1араб, рес бугел соназ СПКялъ г1адамазе дагьа-дагьабниги кумек гьабула. Масала, арал соназ СПКялъ щибав пенсионерасе, мухь босич1ого, нус-нус кило хинч1еб ролъул кьуна. Жамаг1аталъул боц1уде рахъарал г1ухьбузе нус-нус тук харилги кьуна.

Г1олохъанаб г1ел ккола росдал бук1инесеб. Ресалда рекъон администрациялъ х1аракат бахъула гьезул эркенаб заман пайда кьоледухъ г1уц1изе, физкультура-спорталде ц1азе. Мискинабго бюджеталдасан гьеб ишалъе дагьа-макъабниги г1арац биччазе рес батула нижеда.

Къокъ гьабун хъвана Г1. Г1исаевас.     

Просмотров: 625 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz