28 маялда Хунзахъ Р. Х1амазатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана нилъер районалдаса эркенаб гугариялъул рахъалъ т1оцевесев СССРалъул спорталъул мастер Г1аммаев Зайирбег Г1абдусамадович к1одо гьавиялъул рахъалъ республикаялъулаб турнир. Исана гьеб турнир т1обит1улеб буго лъабабилеб нухалда. Гьелде г1ахьаллъи гьабуна 14 командаялъул 185 спортсменас. Турнир г1уц1ун бук1ана районалъул администрациялъул ва Зайирбег Г1абдусамадовичасул г1ага-божаразул х1аракаталдалъун.
Зайирбег Г1аммаев 1961 соналъ росдал школалъул 7 классги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялъул механикаяб техникумалде. Гьенив ц1алулев вук1аго байбихьана Зайирбегица жиндирго спортивияб нухде т1оцересел галаби т1амизе. 1966 соналъ техникумги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана ДГУялъул техникияб факультеталде, гьебги лъуг1изабун жиндирго махщалида рекъон х1алт1ана бат1и-бат1иял хъулухъазда. Х1алт1удаго цадахъ Зайирбегица спортги рехун теч1о. 1967 соналъ «Буревестник» обществоялда гъорлъ гьев вахъана СССРлъул чемпионлъун ва рес щвана гьебго соналъ Орджоникидзе шагьаралда т1обит1улеб эркенаб гугариялъул рахъалъ СССРалъул г1олилазда гьоркьосеб чемпионаталда г1ахьаллъизеги. Амма накуялъул щуруналъе сакъатлъиги ккун, Зайирбег гьенив г1ахьаллъун бажарич1о.
Турнир рагьулаго к1алъазе рахъана районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов, гьесул заместитель Шамил Г1аммаев, республикаялъул парламанталъул Счетнияб палатаялъул председателасул заместитель, нилъер ракьцояв Хъазанби Хъазанбиев ва цогидалги х1урматиял гьалбал. Гьел киназулго рук1ана гьекъел-мехтелалдаса наркотиказдаса ва цогидалги гьаб заманалда г1олилазда гьоркьор т1ирит1арал заралиял жалаздаса рик1к1адги ч1ун, спортивиябгун сахаб г1умруялде г1олилал ах1араб маг1наялъул к1алъаял. Саг1ид Камиловичас бицана районалда спорт цебет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул.
Т1олабго республикаялдаго г1адин, нилъер районалдаги волейболалда цадахъ бищун машгьураб ва цебет1ураб спортлъун ккола эркенаб гугари. Эркенаб гугари цебет1еялъе х1ажатал шарт1алги г1уц1ун руго районалда. Руго районалда гугариялъе гьунар бугел г1исинал спортсменалги. Амма школлъималазда гьоркьоб эркенаб гугари т1адег1анаб даражаяда бугониги, школа лъуг1ун хадуб гьезул г1емерисез спорт рехун толеб буго. Гьелъул г1аксалда руго, цо-цо школа лъуг1ун хадубги гугари рехун теч1ого, лъик1ал х1асилал рихьизарулел спортсменалги. Гьединаздасан ккола Г1алиев Х1ажимурад ва Х1амзатов Х1амзат, гьел к1иязего щвана Россиялъул спорталъул мастерал абурал ц1аралги.
Зал занк1ун ц1ун бук1ана къецазулъ балагьизе рач1арал г1адамаз. Гьезухъ балагьун бихьулеб бук1ана гугарухъаби турниралде г1езег1ан лъик1 х1адурун рук1ин. Х1алуцарал къецазул х1асилалда, лъик1ал х1асилал рихьизаруна нилъер командаялъул спортсменаз. Гьезие щвана кинабниги 15 медаль, гьездасан 6 меседилаб. Жинди-жиндир ц1айиялда турниралъул чемпионаллъун рахъана: Расулов М. (Хасавюрт, 24 кг.); Мансуров Ю. (Кизилюрт, 27 кг.); Г1алиев М. (Хунзахъ, 29 кг.); Шуг1айбов М. (Хунзахъ, 32 кг.); Батиров М. (Хунзахъ, 35 кг.); Г1убайдулаев (Болъихъ, 38 кг.); Тажудинов М. (Ц1умада, 42 кг.); Х1айбулев М. (Болъихъ, 46 кг.); Мух1амадов А. (Болъихъ, 50 кг.); Г1алибегов Г1. (Хуназахъ, 54 кг.); Сурхаев А. (Хунзахъ, 55 кг.) ; Г1абдурашидов (Болъихъ, 60 кг.); Х1амзатов Х1. (Хунзахъ, 66 кг.); Мух1амадов А. (Болъихъ, 70 кг.); Пашах1ажиев М. (Ц1умада, 100 + кг.).
Турнир къалаго бергьарал ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, медалалгун грамотаби ва г1арцулал сайгъатал.
Турнир ана т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда. Хьул буго, гьадинал г1олилазул спорталде рокьи бижизабулел тернирал хадубккунги жеги г1емерлъилин районалдаян.
И. Мух1амадов.
|