Автор.У.Къурамух1амадова.Июнь 2016с.
Арал г1одоркъояз Ц1ада росулъ т1обит1ана мунагьал чураяв Х1ажи Къурамух1амадов рак1алдещвезавиялъул волейболалъул рахъалъ турнир. Турниралда г1ахьаллъи гьабуна Хунзахъ № 1, Хунзахъ № 2, Шамил, Болъихъ, Унсоколо ва Гъуниб районаздаса командабаз.Т1оцебесеб къоялъул х1алуцарал къецазул х1асилазда рекъон финалалде рорч1ана Хунзахъ ва Гъуниб районазул командаби.
|
Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2016с.
Гьал къоязда киса-кибго районалъул школазда г1адин, ясли-ахаздаги унел руго гьел лъуг1ун къват1ире риччалел лъималазул утренникал. Рохалилаб ах1вал-х1алалда ана гьел Хунзахъ № 3 «Ласточка» ясли-ахалда ва лъимал церет1езариялъул «Солнышко» централдаги. Ясли-ах лъуг1ун унел лъималазе гьеб бук1ана рак1алдаса унареблъун, гьезул г1умруялда жаниб к1очонареб лъалк1 толеб т1оцебесеб къват1ире риччаялъул байрамлъун.
|
Автор.П.Гунашева.Июнь 2016с.
Росабалъ г1олилазе рак1гъеялъе руссине бак1ал гьеч1олъиялъ, г1емерисел къват1азда терелел, гъалмагъир гьабулел рук1уна. Г1олилазул жан-жигар лъик1аб рахъалде буссинелъун, Гьоц1алъ, Г1орут1а ва Заг1иб росабалъ гьарулел руго 40 метр халалъи, 20 метр г1еблъи бугел футболалъул площадкаби.
|
Автор.И.Мух1амадов.Июль 2016с.
Кват1ич1ого т1олабго улкаялда т1обит1изе буго росдал маг1ишаталъул перепись. Гьеб т1обит1ула анц1го соналда жаниб цо нухалда. Исанасеб перепись ккола ц1акъго к1вар бугеблъун, щайгурелъул Америкаялъул нухмалъиялде гъоркь Евросоюзалъ нилъер улкаялда данде гьарурал санкцияз заг1иплъараб экономика цебет1езабизе ккани, чара гьеч1ого х1ажат буго росдал маг1ишат цебет1езабизеги. Росдал маг1ишат цебет1езабизе ккани лъазе ккола кинаб ах1вал-х1алалда гьеб бугебалиги. Улкаялъулго к1варалъул гьеб тадбиралъул баянал кьуна районалъул статистикаялъул отделалъул специалист Мух1амадова Сидратица.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Июнь 2016с.
Гьанжеялдаса щибаб талат къоялъ районалъул бет1ерасул кабинеталда т1обит1улеб планеркаялда г1ахьаллъизе т1адаблъун гьабун буго росабазул маг1ишатазул нухмалъулездаги. Ахираб заманалда киназулго аслияб маг1ишатияб къуват г1ат1иракьалде бусун бугелъул, колхозазул нухмалъулезул ч1ейги г1емерисезул гъутабаздаго бук1уна. Иргадулаб данделъиялде маг1арухъе рач1арал г1ехьелдерилги х1арисезулги председательзаби нижехъе редакциялдеги щвана гьеб къоялъ. Гьалбадерил салам-калам, гьикъа-бакъари дагь-дагь ккун колхозияб маг1ишаталде бусана. Хабар рекъеялъе чаялъул истаканги, гьоркьо-гьоркьоб конфет-печенаги, нижер накъит саламатго халалъана. Хасел т1амиялдаса жакъа къоялде щвезег1анги щибаб маг1ишатияб бут1аялда гъорлъе раккич1еб бак1 къанаг1атги хут1ун батиларо. Г1и-боц1уда араб хасел т1амизабиялдасан байбихьана Г1ахьалч1и росдал Энгельсил ц1аралда бугеб колхозалъул председатель Мух1амадов Г1абдулагьица жиндирго хабар. Исана октябрь моц1алъ 13 сон т1убала Г1абдулагьица гьеб хъулухъ т1аде босаралдаса.
|
Автор.И.Мух1амадов.Июнь 2016с.
28 маялда Хунзахъ Р. Х1амазатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана нилъер районалдаса эркенаб гугариялъул рахъалъ т1оцевесев СССРалъул спорталъул мастер Г1аммаев Зайирбег Г1абдусамадович к1одо гьавиялъул рахъалъ республикаялъулаб турнир. Исана гьеб турнир т1обит1улеб буго лъабабилеб нухалда. Гьелде г1ахьаллъи гьабуна 14 командаялъул 185 спортсменас. Турнир г1уц1ун бук1ана районалъул администрациялъул ва Зайирбег Г1абдусамадовичасул г1ага-божаразул х1аракаталдалъун.
|
|