Суббота, 27.04.2024, 02:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 1 » ЖАМГ1ИЯТАЛЪЕ Х1ИНКЪИ. ТЕРРОРАЛЪУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ БИЦАНА.
15:33
ЖАМГ1ИЯТАЛЪЕ Х1ИНКЪИ. ТЕРРОРАЛЪУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ БИЦАНА.

Гьал къояз Дагъистаналда лъазабун буготерроралъул х1акъалъулъ г1олилазе бич1ч1и кьеялъул месячник. Гьелда хурхун нилъер районалъул школазда, мадрасабазда районалъул администрациялъул, районалъул Жамг1ияб палатаялъул ва диниял вакилзабаз лъималазулгун  гара-ч1вариял гьарулел руго.

Терроралъул заралалъул г1олилазе бицунел данделъаби нилъер районалда байбихьана бат1и-бат1иял районазул  лъимал жанир ц1алулел ва г1умру гьабунго рук1унел Г1арани школа – интернаталдасан ва Хунзахъ васал ц1алулеб  мадрасаялдасан.

Исламияб диналъул берцинлъиялъул, лъик1лъиялъул, исламалъ г1адан гурх1ел-рах1муялде, цогидасе малъг1анасебцин зарал гьабизе бегьунгут1иялде ах1улин, гьит1инго ислам лъазе гьабиялъ квешлъиялдаса ц1унулин бицана  ДУМДалъул районалда вугев вакил Нурмух1амадов Мух1амадица, райгазеталъул редактор Мух1амадова Фатимаца ва райадминистрациялъул терроралде данде къеркьеялъул комитеталъул специалист Валиев Шамилица. Терроралъул квешлъиялъул, гьелъ г1адамасе хвел, г1ажизлъи, рихха-хочиял рач1унин бицана райадминистрациялъул бет1ерасул  х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель , Гьит1инов Х1амидица, райсобраниялъул председатель Хваджаев Хваджаца. Хваджа Мух1амадовичас рак1алде щвезабуна Бесланалда ккараб къварилъиялъул, бицана гьенибе жиндицаго гьабураб сапаралъул х1акъалъулъ.

Террор гурх1уларо я лъималазда, я руччабазда, я херазда, гьелъ рат1а гьаруларо квешалги лъик1алги, г1айиб бегелги гьеч1елги. Терроралъул гуребги, цогидал заралиял пишабазулги бицана лъималазе т1аде рач1араз. Гьекъел-мехтелалъги, наркотикал х1алт1изариялъги, квешал жал гьаризе цогидал гьесизарулел г1адамазда цадахъ ч1еялъги берцинаб гвангъараб г1умру бец1аб къват1ибе нух гьеч1еб нохъоялда жанив хут1иялде сверула. Наркотиказде, хъалиманалде, гьекъолел жалазде, цогидал квешал г1амалазде г1адан жиндаго лъач1ого хехго ругьунлъула ва гьел тезеги к1оларо. Заралиял пишабазде ругьунлъаразул г1умру ц1акъ къокъаб бук1уна. Херлъизег1ан цониги наркоман хут1уларо.

Гьединал заралиял жалазде руссинч1ого рук1инелъун Дагъистаналдаги нилъер районалдаги г1емерал школал, ясли-ахал, спортзалал, спортплощадкаби рагьулел ругилан бицана  районалъул Жамг1ияб палатаялъул председатель Г1усманова Раисатица. Гьелъ бицана дагьаб цебе Россиялъул Бах1арчиясул ц1ар кьурав полициялъул х1алт1ухъан, мунагьал чураяв Мух1амад Нурбагандовасул х1акъалъулъги.

Районалъул школазда пионарезул къукъаби ругин, цересел  пионеразул лъик1аб ирс гьездаги малъулин педагогазилан бицана районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальникасул заместитель Х1ащт1ихова Раисатица.

Терроралъул квешлъиялъул х1акъалъулъ лъималазе насих1атал гьаруна  райбольницаялъул поликлиникаялъул заведующая Махулова Пат1иматица ва  ва районалъул Жамг1ияб палатаялъул спорталъул, туризмалъул ва г1олилазул ишазул отделалъул председатель Мух1амадов Г1убайдулаца. Тарихалъул учитель Хъазанбиев Г1алибегица ц1алдохъаби  ах1ана умумуз гьабулеб батараб х1алалъ динги гьабизе, гьезул нухдасанги ине.

Террор щиб жояли бицана ц1алдохъабазги.

Данделъиялъул ахиралда сих1къот1иялъулаб минутаялдалъун рак1алде щвезаруна терроралъул къурбанал. Г1усманова Раисатица Жамг1ияб палатаялъул рахъалдасан «Щиб кколеб террор?» абураб темаялдасан ц1алдохъабазда гьоркьоб лъазабуна конкурс. Бергьарасе кьезе буго «Солнечный берег» лагералде путевкаги.

Данделъиялдаса хадуб гьелъул г1ахьалчаг1и щвана Хунзахъ мадрасаялде. Мадрасаялъул мутаг1илзабазе гьез бицана терроралъул заралалъул х1акъалъулъ. Мадрасаялда ц1алулел руго бат1и-бат1иял районаздаса г1олохъаби. Гьезда гьоркьов вуго Санкт-Петербургалдаса  ц1ибусурманлъарав г1олилавги. Мадрасаялде г1олилал росулел руго школалъул 9 класс лъуг1ун хадуб ва гьел ц1алулел руго лъабго соналъ. Мадрасаялда мутаг1илзабазе ч1езарун руго гьанжезаманалъул квег1енлъаби ва шарт1ал.

К1удияб баркала буго мадрасаялъул нухмалъиялъе т1аде рач1аразе гьабураб гьоболлъиялъухъги.

Квешаб тезе, лъик1аб т1аса бищизе Аллагьас тавпикъ кьеги киназего, баркат гьеч1ев чи дандч1вагеги лъиданиги!

П. Гунашева.

 

 

 

21 г1асруялъул вабаъ

Т1олабго Северияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда цебе ч1араб масъала ккола терроризмалде данде къеркьей ва г1адамазе х1инкъи гьеч1еб г1умру ч1езаби. Республикаялъул бет1ерлъуде Рамазан Г1абдулат1ипов вач1аралдаса нахъе ц1айи бугеб х1алт1и гьабулеб буго гьеб суалалда хурхун. Г1емер т1орит1улел руго школлъималазулгун ва студентазулгун дандеч1ваял, гьарулел руго бич1ч1икьеялъулал  х1алт1аби. Гьединаб х1алт1ул х1асилалда республикаялда къот1ана террактал, к1вана  г1олилазул пикру бит1араб рахъалдехун хисизабизе. Гьедин, гьал къоязда республикаялда ине бугеб экстремизмалдегун терроризмалде данде къеркьеялъул месячникалъул программаялда рекъон, нилъер районалдаги  т1орит1улел руго бат1и-бат1иял тадбиралгун акциял. Гьединаздасан цояблъун бук1ана 27 сентябралда Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалда г1уц1араб тадбирги. Районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комитеталъул  специалистал Сидрат Махуловалъ ва Шамил Валиевас школалъул лъималазе ва учительзабазул коллективалъе г1ат1идго бицана терроризм щиб жо кколебали, кисан бач1арабали ва кинал балагьал гьелъ халкъалде рачунебали. Лъимал ах1ана кутакалда ц1одорлъи гьабизе малъана дагьабниги щаклъи ккарав чи ялъуни доба-гьаниб лъураб-тараб жо бихьани, хехлъи гьабун ч1ах1иязда лъазабеян. Специалистаз жавабал кьуна лъималазул суалазеги. Ахиралда школалъул директор Мух1амад Г1алихановас баркала кьуна лъималгун  дандч1вазе рач1арал АГКялъул х1алт1ухъабазе.

И. Мух1амадов.

Просмотров: 567 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz