Автор.П.Гунашева. Сентябрь 2016 с.
Колхоз-совхозалги церет1урал, х1алт1улел г1адамазул къиматги гьабулеб, Советияб заманаялъ, зах1матаб, къо бихьулеб бук1аниги, хур-хералда, г1и-боц1ухъанлъиялда гъираялда х1алт1улаан г1адамал, гьанже министрзабазул г1адаб адабги гьабулаан г1ухьбузулги, дояркабазулги, узухъда, гьел гьелъие мустах1икъал рук1индал. Росдал маг1ишаталъул ц1алул г1уц1абиги бищун г1емер г1олилаз ц1ализе т1аса бищулеб бак1лъун бук1ана. Заман хисидал, гьеб киналъулго къимат хвана, гьанже къанаг1ат гурони чияс боц1и-панзги хьихьулеб гьеч1о, хур-херги гьабулеб гьеч1о. Цебег1адин росдал маг1ишаталде к1вар кьолеб гьеч1ин абун г1одоре риччан ч1еч1ого, рак1 унтун, квач-ц1ороялъухъ, ц1ад-ц1ералъухъ, гьава-бакъалъухъги ралагьич1ого, къаси-къад мех бат1а гьабич1ого ц1ик1к1араб жавабчилъиялда г1и-боц1ул т1алаб-агъаз гьабула нилъер ветеринариял х1алт1ухъабаз. 43 сон буго Хунзахъ Х1ажиев Х1амзатил ветеринарияб х1алт1уда вугелдаса.