Суббота, 27.04.2024, 11:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 1 » ЗАХ1МАТАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИ. Г1УМРУГО Г1И-БОЦ1УЛ ХЪУЛУХЪАЛЪЕ КЬУРАВ.
15:38
ЗАХ1МАТАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИ. Г1УМРУГО Г1И-БОЦ1УЛ ХЪУЛУХЪАЛЪЕ КЬУРАВ.

Колхоз-совхозалги церет1урал, х1алт1улел г1адамазул къиматги гьабулеб, Советияб заманаялъ, зах1матаб, къо бихьулеб бук1аниги, хур-хералда, г1и-боц1ухъанлъиялда гъираялда х1алт1улаан г1адамал, гьанже министрзабазул г1адаб адабги гьабулаан г1ухьбузулги, дояркабазулги, узухъда, гьел гьелъие мустах1икъал рук1индал. Росдал маг1ишаталъул ц1алул г1уц1абиги бищун г1емер г1олилаз ц1ализе т1аса бищулеб бак1лъун бук1ана. Заман хисидал, гьеб киналъулго къимат хвана, гьанже къанаг1ат гурони чияс боц1и-панзги хьихьулеб гьеч1о, хур-херги гьабулеб гьеч1о. Цебег1адин росдал маг1ишаталде к1вар кьолеб гьеч1ин абун г1одоре риччан ч1еч1ого, рак1 унтун, квач-ц1ороялъухъ, ц1ад-ц1ералъухъ, гьава-бакъалъухъги ралагьич1ого, къаси-къад мех бат1а гьабич1ого ц1ик1к1араб жавабчилъиялда г1и-боц1ул т1алаб-агъаз гьабула нилъер ветеринариял х1алт1ухъабаз. 43 сон буго Хунзахъ Х1ажиев Х1амзатил ветеринарияб х1алт1уда вугелдаса.

Х1ажиев Х1амзат Гванзилаевич гьавуна 1949 соналъ Хунзахъ росулъ. Эменги 32 соналъ колхозалда х1алт1арав чи вук1иналъ, гьит1инго лъана Х1амзатида г1и-боц1ул х1алт1аби. Гьединлъидал, школа лъуг1идал ц1ализе ине бак1алъул масъала гьесда цебе ч1еч1о. 1973 соналъ Х1амзат Дагъистаналъул росдал маг1ишаталъул техникумги лъуг1изабун, Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул рахьдал комплексалде ветеринарияв врачлъун х1алт1изе лъугьана. Т1оцебе колхозалде х1алт1изе лъугьарал соназ 3000 ч1ег1ерх1айван, гьезда гьоркьоса 1000 беч1ч1улеб г1ака бук1анила колхозалдаян бицана Х1амзатица.  Ачикулиса бахъараб Кочубеялде щвезег1ан 350 километр манзилалда ругел маг1ишатазул, г1иял къавабазул г1и-боц1ул т1алаб-агъаз гьабизе кколаан Х1амзатица. Г1аммаб къаг1идаялъ дол соназ 10000 г1и бук1ун буго гьениб. Гьебгощинаб г1ияеги, боц1и-панзалъеги х1ажатаб дару-сабаб, хъулухъ гьабулеб бук1ун буго щуго ветеринарияв х1алт1ухъанас. Г1иял фермаялда вук1унев вук1ун вуго цо х1алт1ухъан, рахьдал комплексалда – лъабго х1алт1ухъан ва Языковка хъутаналда цо х1алт1ухъан. Дол соназ цох1о Языковкаялда бук1ун буго 200 ч1ег1ерх1айван, гьезда гьоркьоб 110 г1ака.  14-15 г1ачиязул бокьал ва бачал гьарулел бак1ал (родильниял) рук1ана колхозалъул. Доб заманаялъ К1удияб цебет1ейлъун, рохеллъун букунаан гьабураб т1инч1 нахъе ц1унизе к1вей, г1емер холаан гьарурал бачал, хухал. Т1адч1ун къасилъи-къадлъи гьеч1ого гьабураб х1алт1уца нижеда нахъе ц1унизе к1олаан 75 -80 процент бачазул.

Радакь саг1ат к1иго т1убаралдаса бакъанида саг1ат щуго-анлъго т1убазег1ан т1убараб къоялъ къват1ире рахъинч1ого фермаялда хут1улаан ниж. Гьениб ч1еч1ого гьабизе х1алт1и бук1унаан. Кваналеб бак1ги фермаялдаго бук1ана. Радал саг1ат 4-5 т1убарабго щибаб къоялъ 12 тонна рахьдал баччулаан фермаялдаса Мах1ачхъалаялъул «Гормолзаводалде».

Гьебгощинаб г1и-боц1и бук1аниги, ч1еч1ого гьарулел профилактикиял х1алт1абаз, дару-сабабалъ жив колхозалда х1алт1арал соназ цониги ч1ег1ерх1айван я г1иялъажо инфекционниял унтабаз унтич1илан бицана Х1амзатица.

Х1алт1иги г1емераб доб заманищ яги гьанжезаманищ дуе бокьилебин гьикъана дица Х1амзатида. Цебе заманго бокьилин, г1адамал х1алт1улел, рак1ал аваданаб, берцинаб заман бук1анилан абуна Х1амзатица. Хадубги гьес бицана т1оцеве х1алт1изе лъугьараб мехалъ 180 гъурущ бук1анила жиндир харжилан, гьелде т1адеги 2 тонна ролъул, г1и кьолаанин колхозалъ ч1обого.

1980 соналдаса 1992 соналде щвезег1ан Хунзахъ ветстанциялъул к1удияв ветеринарияв врач-терапевтлъун х1алт1ана Х1. Х1ажиев. 1992 соналдаса 2013 соналде щвезег1ан ц1идасанги Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул бет1ерав ветврачлъи гьабуна гьес. Гьеб х1алт1уда ц1адахъго 2001 соналдаса нахъе Самилахъалъул ветлечебницаялдаги х1алт1ана Х1амзат. 2013 соналдаса жакъа къоялъги Х1амзат х1алт1улев вуго Хунзахъ ветеринарияб управлениялда аслияв ветврачлъун. 25 соналъ х1алт1ун вуго Х1амзат ветуправлениялда. Г1аммаб къаг1идаялъ 42 соналъ (стаж) хъулухъ гьабун буго Х1. Х1ажиевас г1и-боц1ул сахлъи ц1униялде.

Х1алт1изе лъугьарал сонал рак1алде щвезарулаго Х1амзатица бицана Хунзахъ росулъ доб мехалъ 800 ч1ег1ерх1айван бук1анилан. Гьабсаг1ат Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалда 3000-4000 г1и, Хунзахъ росулъ 200-300 ч1ег1ерх1айван батилин – гьедин дагьлъанин боц1и-панзилан рак1 къварилъана гьесул.

Гьабсаг1аталда жаниб Х1амзатица т1алаб гьабулеб буго Ц1ада участокалъул г1и-боц1ул. Гьеб участокалда бруцеллезалде данде бачазе вакцинация гьабун бахъана. 428 бет1ер сибирския язваялде дандеги вакцинация гьабун лъуг1ана. Бачазе цунлърабазде дандеги дару гьабун лъуг1ун буго. Росулъ бугеб гуребги, нахъмаг1арда бугеб ц1игьулдерил боц1уе дару кьезе гьенивеги ун вуго Х1амзат.

Рии-ихалъг1ан г1емераб х1алт1и хаслихъе бук1унарилан бицана гьес. Гьанже маг1ардаса бач1арабго хухазе ящуралъе вакцинация гьабизе ва г1иял бруцеллез бугищали би бахъизе кколеб буго. Дур-дир участокин теч1ого, киналго цадахъ рахъун гьабулин х1алт1иян бицана Х1амзатица. Гьедин дагьал церег1ан къоязги Х1азат Гъонохъ вук1ун вуго.

Унтаразде данде дару гьаби, би бахъиялда лъуг1уларо ветх1алт1ухъабазул х1алт1и. Боц1и унтунги г1адамаз рокъо-рокъоре ах1ула гьел. Гьал къоязги бачал гьарун унтун (родильный парез) ц1ан рит1ун лъун рук1арал чанго г1ака т1аде бахъинабуна Х1амзатица. Бит1ахъего, г1ака сахлъизег1ан, сордоялъго гьелда цеве бокьов ч1анилан Х1амзатилан бицана г1адамаз. Росдал г1адамаз гьесул бажари-махщалие т1адег1анаб къимат кьуна. Киве ах1аниги, цойгидал росабалъеги г1адан нахъ ч1вач1ого, расниги к1вах1аллъич1ого унила гьев. Живго х1алт1арав г1еч1ого, жиндир х1алт1уе х1ажатаб босизе заманаялъухъ ялагьич1ого апеткаялде – нахъе йит1улин хъизан Г1амирханова Султануян (17 –леб аптекаялъул заведующая) бицана Х1амзатил мадугьалзабаз.

Гьединабго лъик1аб къимат кьуна гьесул х1алт1уе цадахъ х1алт1улезги.

Г1емерсоназулаб рак1 бац1ц1адаб х1алт1ухъ Х1ажиев Х1амзат к1одо гьавун вуго РФялъул Росдал маг1ишаталъул министерствалъул баркалаялъул кагъаталдалъун, ДРялъул Х1укуматалъул, ДРялъул Росдал маг1ишаталъул министерствалъул, нилъер районалъул администрациялъул, росдал маг1ишаталъул ва ветеринарияб управлениялъул, Самилахъалъул администрациялъул х1урматиял грамотабаздалъун.

Х1алт1улъ дандч1валел зах1малъабазул бицеян гьарана дица Х1амзатида. Х1алт1ул зах1малъабиго дандч1вач1ин бицана гьев киг1ан бугониги х1алт1укьа х1инкъуларев инсанас. Ветеринариял х1алт1ухъабазул харжал дагьал рук1иналъ, гьеб х1алт1уде г1олохъаби рач1унел гьеч1илан, рач1аралги нахъе унел ругилан рах1ат хун бугоан гьесул.

Жидер х1алт1уда цох1о боц1ул гуребги, т1олго г1адамазулго сахлъи бараб бугин, гьединлъидал гьаб к1вар ц1ик1к1араб, т1аса-масаго гьабизе бегьулареб х1алт1и бугилан бицана Х1амзатица.

Гьединаб жавабияб, киназего х1ажатаб х1алт1и рак1-рак1алъ гьабулев вугев Х1ажиев Х1амзатие т1олалго районцоязул рахъалдасан гьарула чорхое сахлъи г1емерал соназ бокьулеб х1алт1уда нахъа хут1и, хъизан-лъималазда гьоркьов парахатаб, рохалилаб г1умру.

 

31 августалъ к1одо гьабула ветеринарияв х1алт1ухъанасул къо. Юбилеялъул газетал гьоркьор ккун кват1ун бук1аниги, районалъул маг1арухъги хъутабаздаги ругел киналго ветеринариял х1алт1ухъабазда рак1-рак1алъ баркула гьезул къо. Гьеб зах1матаб х1алт1уда нахъа ругел нужее гьарула чорхое щулияб сахлъи, х1алт1уда – боц1ул рахунел унтаби т1аг1араб г1одобе биччай, нужер х1алт1ул к1варги бич1ч1ун пачалихъалъ мукъсаналго харжал ц1ик1к1инари, хъизан – лъималазда, маг1ишат – яшавалда баркат лъей. Гьабулеб дандебилълъаги нужер!

П. Гунашева.

Просмотров: 418 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz