Пятница, 26.04.2024, 21:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 7 » ТАЛИХ1 КЪАРАЛ ЦО-ЦО АСИРЛЪУН ККАНА, АРАБ БАК1 ЛЪАЧ1ОГО Т1АГ1АРАЛ ККАНА.
17:13
ТАЛИХ1 КЪАРАЛ ЦО-ЦО АСИРЛЪУН ККАНА, АРАБ БАК1 ЛЪАЧ1ОГО Т1АГ1АРАЛ ККАНА.

Германиялъул т1алъиялде нацистал рач1индал, жидергун пикру дандекколарел рат1а гьаризелъун гьез рана концлагерал. Т1оцебесеб лагерь – Дахау бана 1933 соналдаго Мюнхеналда  г1агарлъухъ. 1944 соналда бат1и-бат1иял  пачалихъазда бук1ана 20 аслияб лагерь ва гьезул 1000 филиал. Лагеразда жанир т1амуна бихьинал гурелги, руччаби ва лъимал. Лагеразда вук1арав 18 миллионалдаса ц1ик1к1арав чиясул хвана 11 миллионалдаса ц1ик1к1ун асир.

Нилъер асирлъуда вук1ун вуго 3 миллионгун 155 азарго фашист.

 

Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о

Асирал – вах1шияб рагъул къурбанал

Цо камераялда жанив т1амун вуго нижер 200 чи. Киналго ч1вазе къот1ун руго.

29/IV – бухъана цойги гвенд. Хадубккунги ч1вазе ратила… Вера Андреева ва Нюра Ермолаева. Гьудулзаби.

Нюра и Вера ч1вана 30-лелъ.

3.IV.44 с. Фашистазул  варвараз Тирасполалда ч1вана 1000 чи.

Нус-нус гьединал пашманал, амма унго-унгояб х1акъикъат бицунел хъвай-хъваг1аял нахъе хут1ун руго, К1удияб Ват1анияб рагъул соназ хвалил ва г1акъуба-г1азабалъул бак1аллъун рук1арал, вах1шиял г1алхулал, жидецаго  хвезарулел ругел жалгог1адинал г1адамал рук1ин  к1очон тарал фашистазул лагеразул ва туснахъазул къадаздагун нуц1бузда.

Рак1алдаго гьеч1ого байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъуде х1адур бук1инч1еб нилъер улкаялде т1аде к1анц1ана «до зубов» абухъе яргъид хьезавурав, г1урх1ел-рах1му гьеч1ев, г1асияв тушман.

Рагъул т1оцересел моц1аз  нахъе къазе ккана Совет армия. Т1аде ралел бомбабазги, г1арадабазги сверун бугеб щущазабулеб, рихха-хочараб заманаялъ кодоб ярагъ гьеч1ого, лъукъун, агълъизарун, тушбабаз сверун ккун нилъер солдатал фашистазул асирлъуде ккана. Гьединаб зах1матаб заманаялъ цере къот1ун рачаралъуре инч1ого щибха гьабилеб г1адамаз? Свакарал, къо бихьарал, лъукъа-къат1арал асирал рухулаго, х1ухьбахъизе теч1ого, инжит гьарулаго нус-нус километрабаз лагеразде щвезег1ан лъелго рачунаан немцаз. Гьезда хадуб мухъ лъугьун бук1унаан заг1иплъун ялъуни фашистаз ч1ван хварал жаназабазул. Лагеразде щварал асирал 5-7 къоялъ щибго квенги кьеч1ого ракъизарулаан, камеразда жанир т1амич1ого сверун къараб бак1алда бакъукьги, квачалъукьги толаан.

Асирлъуде ккарал цойгидал пачалихъазул г1адамазде данде ккун, бат1ияб – сог1аб, кутакалда г1асияб, вах1шияб бук1ана нилъер асираздехун нацистазул бербалагьи.

1929 соналъ СССРалъ инкар гьабуна, 47 пачалихъалъ къабул гьабураб, рагъул асираздехун бук1ине кколеб бербалагьи бихьизабураб, Женевалъул  конвенциялда гъоркь гъулбасине. Гьелъие г1илла бук1ана конвенциялда бихьизабураб асирал миллатал ккун рат1а гьаризе кколин абураб пункт, СССРалъул нухмалъулез интернационализмалъул принципазде  данде кколарилан рик1к1ин

Женевалъул конвенция СССРалъ къабул гьабич1олъиялъ, фашистаз рик1к1ана Советиял асиразе бокьахъин г1акъуба-г1азаб кьезе, кьварарал шарт1азда ч1езаризе, г1емерал г1адамал цадахъ ч1вазе жидер ихтияр бугин. Цойгидал пачалихъазул асиразе кумек гьабулеб бук1ана «Баг1араб хъанч» ва цогидал гурх1ел-рах1муялъулал г1уц1абаз. Конвенция къабул гьабич1олъиялда бан, нилъер асиразе гьединаб кумекги щолароан.

Рагъ байбихьидал ва хадусел соназ СССРалъ Германиялда чанго нухалъ лъазабула жал конвенциялда хадур рилълъунин, гьениб бихьизабураб бербалагьи немцазул асираздехунги гьабулеб бугин, нужецаги советиял асираздехун гьениб бихьизабураб бербалагьи  гьабеян. Амма тушбабаз гьеб г1адахъ босуларо.

Рагъ байбихьилалдего фашистаз х1укму гьабун бук1ана советиял г1адамазда щиб гьабилебали. 1941 соналъул марталъ бахъараб балъгояб приказалда Германиялъул нухмалъулез бихьизабун бук1уна ц1иял лагерал гьанжего разе. Лагерал сверун къазе кколаан ток биччараб маххул  кварица.

1941 соналъул 8 сентябралъ бахъараб гестапоялъул циркуляралда хъван бук1уна: «Большевиказул солдатасул ихтияр гьеч1о Женевалъул конвенциялда бихьизабураб адабалъул бербалагьи гьесдехун бук1инабиялде … Цо гьит1инабниги  мут1иг1лъунгут1и бихьизабурасдехун бук1ине ккола кьварараб, гурх1ел гьеч1еб бербалагьи. Т1уризе х1ал бихьарал асиразда, лъазабич1ого, нахъ бахъич1ого реч1ч1изе ккола. Асираздехун ярагъ х1алт1изаби законалда данде ккола».

Фашистазул г1ащт1ичаг1аз асирлъуде ккарал ц1акъ ракъизарулаан. Асиразе кьолаан ц1акъ мукъсанаб, чорхое пайда гьеч1еб, кун бажарулареб «квен»: картошкадул хъалалъул яги хвараб, турараб картошкадулгун брюкваялъул чурпа ва 60 процент ц1улал хара, солома, т1ахьди ва дагьабго ролъ жубан  гьабураб «чедги». Бак1аб, зах1матаб х1алт1уцаги ракъи-къечалъги тату хварал, ч1вадарухъабазде данде щибго жо гьабун бажарулареб рес къот1араб х1алалде ккезарурал асиразе фашистаз кьолаан рак1 гъанц1изабулел г1азабал, г1адамал жидерго ц1араздаса мах1рум гьарун кьолаан номерал, баг1аризабураб махуца тавро кьабулаан гьезда. Ч1агоял г1адамазда т1ад гьарулаан цоздаса-цоял вах1шиял медицинаялъул х1албихьиял: ц1иял жеги х1алт1изарич1ел ялъуни заман арал дараби, загьру ялъуни унти багъаризабулел микробал (малярия, тиф, туберкулез, онкология ва гь.ц) риччалаан т1аса рищун сахал г1адамазде, цинги гьезда хадуб мух1канго хал кколаан. Нацистазул вах1шилъиялъе ва инжитлъиялъе г1урхъи бук1инч1о: «нахърателалда рук1инеян» ч1агоял г1адамаздаса рахъулел  рук1ана лугбал, х1албихьиял гьарулин абун  цоязул лугбал цойгидазда лъолел рук1ана. Франциялда фашистазул бук1араб лабораториялда тохтур Хиртил х1албихьияз хвана лейнтенантал лезгинав Абакаров Исмаг1ил, лъараг1ав Керимов Керим ва цогидалги асирал. Бищунго зах1матал г1азабазул цояблъун бук1ун буго ц1амх1алаб лъел х1албихьиял: 60-80 чи ккун камералъуб т1амулаан г1адамал ва 5 къоялъ т1ок1аб бат1ияб жо кваназе, гьекъезе кьеч1ого ц1амх1алаб лъим гьекъезабулаан. Цебеч1езабе, кинаб х1ал, бук1ун батилеб гьел гъаримзабазул, ц1амх1алаб кванда хадуб нилъецаго гьекъолебщинаб лъим. Киналго лагеразда рук1ана г1адамал рух1улел  крематориялъул пучдул. Гьедин, жалго рагъулел ругел пачалихъазул, хасго нилъер г1адамал, ццидалал, г1асиял жанавараз кутакаб вах1шилъиялдалъун т1аг1инарулел рук1ана.

Инсанасул халкъазда гьоркьосел ихтиярал ц1акъ хвезарулел рук1ана нацистаз. Ихтияразда рекъон, чиналъ ва ц1аралъ т1адег1анал  асираздехун бук1ине кколеб буго адабалъулаб бербалагьи, гьел инжит гьаризе, бак1аб х1алт1и гьабизе т1амизе бегьулел гьеч1о.

Гьелъул г1аксалда ихтияразде т1адеги тун, офицерзабаздехун ва политх1алт1ухъабаздехун фашистаз гьарулаан ц1акъго вах1шиял ишал. Женевалъул конвенциялда бихьизабун бук1ана офицерзаби-асирал цойгидал асираздаса бат1аго хас гьабун гьезие рарал лагеразда рук1ине кколилан. Конвенциялда бихьизабухъе гьабулеб бугин абун, фашистаз  бан бук1ана офицерзаби жанир т1амулеб, ц1акъго сог1аб режим бугеб  Хаммельбург лагерь.

Зама-заманалдасан лагеразда т1орит1улаан гестапоялъул халгьариял. Гьезул х1асилазда рекъон, «х1инкъи ц1ик1к1арал элементалин» абун, политофицерал, интеллигенция, жугьут1ал ч1валаан. Гьединал халгьарияздаса хадуб, 1942 соналъул риидал Дахау концлагералда фашистазул г1ащт1ичаг1аз ч1вана 1100 офицер. 1941 соналъул октябралдаса 1945 соналъул 11 маялде щвезег1ан Маутхаузен лагералда ч1вана, балъго гьарурал хут1изег1ан, киналго советиял комиссарал, 335 азарго асирасул ч1аго хут1ун рук1ана г1иц1го 17290 чи. Маутхаузеналда г1асияб г1акъуба кьун фашистаз хвезавуна, кинабниги 13 лагералда г1акъуба кьурав, генерал Д. М. Карбышев.

Лагеразде ккун рач1аразул бахъун суратги ч1ван, фамилия, ц1ар, эбел-инсул ц1ар, росу-ракь, миллат, дин, ккураб бак1, хвеялъе г1илла, вукъараб бак1 хъварал мух1канал карточкаби гьарулел рук1ун руго фашистаз. Г1емерисел асиразул карточкаялда хъван буго гьел  ракъизариялъ хванилан, цо-цоязул карточкабазда ч1вазе къот1анилан, лагералдаса т1урулаго ч1ванилан, ялъуни унтун хванилан.

Киг1ан к1удияб г1акъуба кьуниги, тушманасе мук1урлъич1о асирал. Нилъер улкаялдаса асиразул бет1ерлъиялда гъоркь фашистазде дандеч1еялъул чваххи г1уц1ана лагеразда. Дандеч1еялъул членаз цойгидал асиразе фашистазде дандеч1еялъул гара-ч1вариял гьарулаан, жалго х1алт1изе т1амурал бак1азда ах1и-х1ур бахъинабун, асирал т1уризарулаан.

1943 соналъул декабралда тушманасул рахъалде арав мац1ихъанас т1атинаруна  «Асиразул вацлъиялъулаб союзалъул» 400-са ц1ик1к1арав нухмалъулев ва жигарал г1ахьалчаг1и. Гьел гестапоялъ жанир т1амула ва 1944 соналъул 4 сентябралда Дахау концлагералда ч1вана.

Фашистазул оккупантал нахъе рачахъарал бак1азда, советиял аскараз эркен гьаруна асиралги.  Лагерал толаго, советиял рагъухъаби т1аде щвезе кват1ани, фашистаз гьел асиралгун цадахъ, нахъе чи теч1ого, кьвагьизарулел рук1ана.

Немцазул лагераздаса рорч1арал чангиял Ват1аналде щведал, 58 статьялда рекъон 10-25 сонги кьун рит1улел рук1ана нилъерго лагеразде. Асиразда гьоркьорги г1ащт1ичаг1азул рахъалде аралги, Ват1аналъе хилиплъун тушманасда цадахъ рагъилел рук1ун, лагеразда рук1анилан ххвелал гьарулелги рук1индал. Амма, кинго тушманасда къуркьизаризе к1веч1ел, Ват1аналъухъ г1ащикълъун, рук1арал, щибго г1айиб бук1инч1елги чанги рук1ун ратила советиял лагеразда.

Лагеразда рук1араздехун бугеб  хъач1лъиги, гьел советиял лагеразде рит1улел рук1инги бихьарал чанги асирал, Ват1аналде т1ад руссинч1ого, къват1исел пачалихъазда ч1ана. Тарихчи Николай Толстоясул ц1ех-рехазда рекъон, къват1ир ч1ун руго гьоркьохъеб Азиялдаса, Поволжьеялдаса ва Северияб Кавказалдаса 80 азаргог1ан бусурманчи. Нилъер г1адамазейин абуни, гьел абадиялъго хут1ана «араб бак1 лъач1ого т1агараллъун».

Лагеразде рит1ич1ого тарал асирал цойгидаз «пленалда вук1ун вугилан» рик1к1унароан, гьезул рагъул г1ахьалчаг1азул г1адин адаб гьабулароан. Цойгидал пачалихъазда фашистазул асиразул, гьезда бихьараб г1акъуба-г1азабги бич1ч1ун, бах1арчийилан гьезул адаб-х1урмат гьабулаан. Нилъер улкаялда, г1иц1го 1991 соналъул 13 сентябралда бахъараб Оборонаялъул министрасул № 443 приказалда рекъон, асирал ращад гьаруна К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азда.

Дунялалда рук1арал рагъазде дандеккун, бищун вах1шияб, къурбанал г1емераб К1удияб Ват1анияб рагъул кьог1ал дарсал г1езе ккелаан инсанияталъего, амма гьел к1очон тарал г1емерлъулел руго.

П. Гунашева.

Материал хъвалаго пайда босана К1удияб Ват1анияб рагъул энциклопедиялдаса ва  А. Цобдаевасул «Судьба военнопленного» т1охьодаса.

 

Просмотров: 538 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz