Х1урматиял К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и, рагъул ветеранал, киналго районцоял! Рак1-рак1алъ баркула нужеда К1удияб Бергьенлъиялъул къо 9 май!
Нилъер улкаялъул г1емермиллатазул халкъалъ рагъул майданазда ва зах1маталъул фронталда бицун х1алк1олареб, г1асрабазда жиб г1адаб цойги бук1инч1еб, бах1арчилъиялъеги къо х1ехьеялъеги нуг1лъи гьабулеб, нилъер Ват1аналъул багьадураб тарихалда халкъазул цолъиялъул, гъункиялъул, бихьинчилъиялъул нуг1лъун кколеб, сонал анаг1ан жиндир к1вар ц1ик1к1ун гурони г1одобе кколареб байрамлъун лъугьана Бергьенлъиялъул къо – 9 май.
Нилъер районалдаса 2638 чияс г1ахьаллъи гьабуна доб г1асияб рагъулъ. Бергьенлъиги босун нахъ руссарал 1231 чиясул 6 рагъул г1ахьалчи хут1ун вуго районалда гьанже.
71 сон сверана доб вах1шилъиялдаса хадуб. Гьеб заманалда нилъер улкаялда хисана пачалихъалъул политикияб г1уц1и ва чанго бат1ияб г1ел. Амма абадиялъего к1очене гьеч1о нилъер улка чияда бараблъун бук1унгут1иялъе г1оло, халкъазул бук1инеселъе г1оло къеркьаразул ц1арал, гьезул бах1арчиял ишал. Гьезул мисалазда куцазе руго г1ун рач1унел г1елал.
Хириял К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и ва районцоял! Гьаб къимат т1ок1аб байрамги баркулаго, бокьун буго гьаризе нужее чорхое сахлъиги, талих1ги, рохелги. Раг1угеги нилъедаги нилъер наслабаздаги рагъул гъугъайги, бихьугеги гьелъул кьог1лъиги!.
Районалъул бет1ер С. Юсупов.
Районалъул собраниялъул председатель Х. Хваджаев.
Районалъул рагъул ва зах1маталъул ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиев.
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.