Г1емерал руго районалъул росабалъ рекьарухъанлъиялъулгун фермерлъиялъул маг1ишатал рагьарал ва цогидабги предпринимательлъиялъулаб пишаялде рарал г1адамал.
Гьелдасан цо къадаралъул хайирги буго гьезие. Колоса Мухтаров Мух1амадги ккола росулъ «Сокол» фермерлъиялъул маг1ишатги г1уц1ун гьеб ишалда т1оцересел галаби т1амулев чи. Лъидаха ккелеб бук1араб маг1арухъги х1ордухъ ччуг1а г1езабун бажарилилан. Амма Мух1амадица х1аракат бахъулеб буго жиндирго х1албихьи г1умруялде бахъинабизе.
Лъаг1алидаса дагьабго ц1ик1к1араб заман бугила жиндир гьеб ишалде варалдаса. Росдал администрациялъухъа ракьги босун гьабунила лъабго х1ор, щуго бассейн, гьенибе бачанила лъим. Краснодаралде г1унт1унги сверухълъиялдаса бичун босанила г1исинаб Форель ччуг1а. Х1албихьиялъе Осетр, Белый Амур, Толстолобикги босанила цо килоялъухъ азарго гъурущги кьун. Байбихьуда бегьулареб х1асилги ккеч1ила – 4-5 кило бахъулебги баг1араб ччуг1а бугила х1ордухъ, дагьаб бук1аниги. Форель бугила жинца т1аде аслияб к1вар кьолеб ччуг1а. 100 азарго 2 моц1 бараб т1инч1 биччанила щуябго бассейналъубе, т1асаинги малъун 90 азаргог1аги гьеб г1олебги бугилан бицана фермерас. Гьесул раг1абазда рекъон исана июнь-июлалде ччуг1ил т1оцебесеб «бач1ин» - 5 тонна районалъул базаралде бахъизе буго, дармие.
Цоги Мухтаровас бицана, цебехун ккарал гъалат1ал, г1унгут1аби х1исабалде росанила жиндица. Гьел лъуг1изари ва рахъи кьоледухъ х1алт1и г1уц1и бугила цебеч1араб аслияб масъала. Жиндир анищ г1умруялде бахъин мурад бугила районалъул нухмалъулев Саг1идилги, к1вараб кумек гьабилинги абунила гьес.
Жиндирго раг1ул бет1ергьан вуго Саг1ид Камилович. ИншаАллагь щвелеб батила гьесдасан «Соколалъеги» кверч1вай. Мух1амадил анищ г1умруялде бахъин буго нилъерги мурад.
|