Автор.Гьиматов Мух1амадрасул.Февраль 2016с.
Дида Х1ажимурад дандч1варалдаса, гьесулгун дир лъик1аб гьоркьоблъи, гьудул-гьалмагълъи ккаралдаса ва цоцазда гьоболлъи лъазабуралдаса 18 сон ана. Гьеб г1ураб заман буго инсанасул, хасго гьудул-гьалмагъасул т1абиг1ат-г1амал, хасият лъаялъе. Дица дирго к1удияб талих1илан рик1к1уна, 1998 соналда исламияб диналъул 5-абилеб рукну-фарз т1убазе унезул Х1ажимурадица нухмалъи гьабулеб къокъаялда гьоркьове ккей. Гьев исламияб диналъе г1оло, гьелъул киналго къанунал т1уразариялъе ва гьелъие бусурманаб агьлу куцаялъе жиндир т1олабго г1умру сайгъат гьабурав Х1ажимурадица хирияб ракьалде щвезег1анги, гьенибги ва нахъруссут1аги г1емерал, пайдаял дарсал кьуна исламияб диналъул, хасго х1еж борхиялъул рукнабазул рахъалъ. Цох1ого нухмалъи гьаби гуребги гьес ц1ик1к1араб к1вар кьуна щивав х1ажичиясул мурадал т1ураялде, гьезул чорхол ах1вал-х1ал лъазабиялде, сахлъи ц1униялде.