Понедельник, 29.04.2024, 02:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 15 » ЩИБ Х1АЖАЛЪАНИГИ – МФЦялде
00:17
ЩИБ Х1АЖАЛЪАНИГИ – МФЦялде

10 ноябралдаса нахъе райцентралда х1алт1изе лъугьана ц1ияб  г1емеррахъазулаб  г1уц1и (МФЦ). МФЦялъул х1алт1ул  аслияб хаслъи ккола – гьеб «цогояб гордо» абураб  къаг1идаялда х1алт1улеб  бук1ин. Гьанжелъаг1ан щиб х1алт1и гьабулеб бук1аниги, кинаб документ х1ажалъаниги къвариг1арал кагътазда, справкабазда  хадуб бат1и-бат1иял учреждениязде чанго нухалъ ине кколел рук1ун  ратани, гьанжеялдаса нахъе къвариг1ел т1убазелъун цох1о  МФЦялде ани г1ола.  Нилъее х1ажатал документал, справкаби ва гь. ц. МФЦялъул  специалистаз  жидецаго данде  рак1арун, кинабго х1адур гьабун нилъехъе кьола. Гьелъул к1удияб санаг1алъи бук1ина г1исинал лъимал ругел, ц1ик1к1араб ригьалъул, рик1к1адал  росабалъа рач1ине кколел ва гь.ц. г1адамазе.
Х1алт1ул г1уц1и
МФЦялъул ц1ибараб, берцинаб мина буго Хунзахъ  пенсионнияб фондалда гъоркьехун. Г1уц1иялда х1алт1улев вуго 19 чи, гьезда гьоркьов 14 специалистги. Гьел руго  цереккун гьеб х1алт1уе хасгьарун ц1ализарурал, х1алт1изе гъира-шавкъ бугел, гьенире рач1аразул мурад т1убазе г1едерал ясалгун васал. МФЦялъе нухмалъи  гьабулеб буго Артцул Шамил Гьиматовичас. Г1адамазул къвариг1елал т1уразе г1уц1иялда х1алт1улел руго  гьадинал махщелчаг1и: 5 оператор, 3 эксперт (документазухъ хал-шал  гьабулел г1адамал), 2 курьер (х1ажаталъуре унел г1адамал), цо юрист, делопроизводитель, оператор-администратор,  кассир. 
МФЦялъул х1алт1ул заманги цогидал г1уц1абазде дандеккун, г1адамазе  санаг1алъиялъе, г1езег1ан халатаб буго: гьеб х1алт1ула радал микьго  т1убаралдаса къаси микьго  т1убазег1ан,  шамат къоялъ радал  ич1го  т1убаралдаса къад лъабго  т1убазег1ан. МФЦялда гьеч1о къаде  перерывги,  гьединлъидал кида аниги гьенир  х1алт1ухъаби рук1уна, гьез къвариг1елги т1убала. 
Цогидаб къвариг1елалъ унаго, бит1ун перерывалъул заманаялъ МФЦялде  яккарай дида щиб х1ажат бугебилан данде яч1ун гьимун ц1ех-рех гьабуна администратор Г1умарова Булулица ва цогидалги  х1алт1ухъабаз. Кутакалда рек1ее г1уна рази-ракиго, рак1 рагьун, берцинго, хехдарич1ого, г1адамазде бер-рак1 щоларел ишанал гьарич1ого к1алъазе лъалел ясал ва васал ратиялъ. Т1адал ишал т1уразаризе малъулаго цадахъ  г1адамасда адабалда  к1алъазе кколеб куцги малъанила  жидедаян бицана дие ясаз (киналго бак1азда  малъулебани гьеб!). Бокьана гьениб залалда лъималазул бок1он батиги.  Лъималгун цадахъ гьенире рач1аразул рес буго къвариг1ел  т1убан лъуг1изег1ан хасгьабун лъималазе бат1а гьабураб бак1алда гьел тезе.
Г1уц1иялъ т1уралел къвариг1елал
Т1адехун бицахъе, бат1и-бат1иял г1уц1абаз т1уралел къвариг1елал гьанже т1убала цох1о  МФЦялъ. МФЦялда ва пачалихъиял идарабазда гьоркьор къот1и-къаял гьарун руго, гьезда рекъон МФЦялъе г1адамазул мурад т1убазе  къвариг1унел документал, справкаби кьезе  т1адаб буго идарабазда. МФЦялде хасал документал х1адуризе кколаро, гьезие къвариг1уна паспорт ва 1-2 къвариг1араб мурадалъе чара гьеч1ого  х1ажатаб документги. 
Гьаб заманаялъ г1емерисез ракьалъе, минаялъе «зеленка» гьабулеб бугелъул, гьелъие щиб х1ажалъулебилан ц1ехана дица МФЦялда. «Зеленка» гьабизе ккани бат1и-бат1иял кагътазда (документал, справкаби, гь.ц.) хадур чанги анкьаз бат1и-бат1иял бак1азде гьел щвезег1ан хьвадизе кколел рук1ун ратани, паспортги, росдал советалдаса ракь, мина нужедаго т1ад бугин абураб выпискаги, законалда бихьизабураб 200 гъурущ госпошлинаги кьуни г1ола МФЦялде. Кинабго х1ажатабщинаб гьабун лъуг1идал, централъул х1алт1ухъабаз телефоналдасан к1алъан лъазабула «зеленка» босизе рач1айилан (ракьалъе ва минаялъе «зеленка» гьабун пачалихъалъе кьезе ккола 6400 гъурущ). МФЦялъ къабул гьаруларо копиял, рук1ине ккола г1иц1го жалго документал (паспорт, гь.ц.)
МФЦялъ кумек гьабула паспорт босизе, заман араб паспорт хисизе, загранпаспорт босизе, г1умру гьабулеб бак1алда лъолел ялъуни гьениса рахъулел (прописка, выписка) ругониги. Амма паспорт босизе жакъа къоялде ине ккола г1иц1го паспортнияб столалде, паспорт х1адурун лъуг1араб заманги МФЦялъ жидецаго лъазабула г1адамазда.
Гьединго МФЦялде ине бегьула субсидия, бат1и-бат1иял пособиял (гьарурал лъималазе, гьезие хъулухъ гьабуралъухъ кьолел, т1оцебесеб классалде рачунел ресукъал хъизаназдаса лъималазе кьолеб ва гь.ц.), ресукъал, лъимал г1емерал ва цогидалги г1адамазе кьолел бигьалъаби (льготы) щвезе х1ажалъи бугелги.
Централъул специалистаз кумек гьабула домовая книга гьабизеги, эбелалъулаб капитал щвезеги, БТИялдаса, советалдаса, ЦЗНалдаса (биржа) ва цогидалги идарабаздаса х1ажатал справкаби росизеги ва цогидал г1емерал къвариг1елал т1уразеги. Гьел киналго х1алт1аби МФЦялъ гьарула ч1обого, г1иц1го х1ажатаб госпошлина кьезе ккола.
Буго централда г1арац кьун гьабулеб х1алт1иги-гьеб ккола къот1и-къаял гьариялъе х1ажатал документал х1адуризе: масала, эбелалъулаб капиталалдалъун мина босиялъе къот1и-къай гьаби, ракь яги мина сайгъат гьабиялъул къот1и-къай (договор дарения) гьабиялъе кумек гьаби. Къот1и-къаял гьаризе кумек гьабула МФЦялъул юристас (Мух1амадова Жамилатица). Юристалъ г1адамазе малъа-хъваял гьарула ч1орого.
МФЦялъул бищунго лъик1ал рахъал ккола чанго къвариг1ел цох1о г1уц1иялъ т1убалеб бук1ин ва г1адатиял г1адамазул заман, г1арац ва нервал хунгут1и, гьеб гуребги иргаялда ч1езе ккеч1ого къокъабго заманалда къвариг1ел т1убалеб бук1инги. 
Нужерго къвариг1араб-тараб, х1ажатаб ц1ехон к1алъазе бегьула МФЦялде гьаб номералде. Гьенир руго кумекалъе х1адурал х1алт1ухъаби.
Киналго районцоял разияб, баракатаб батаги ц1ияб г1уц1и нилъее!
Г1адамал мурадалде щвеялъе хьулгун П. Гунашева.

 

Просмотров: 497 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz