Автор.П.Гунашева.Ноябрь 2014с.
10 ноябралдаса нахъе райцентралда х1алт1изе лъугьана ц1ияб г1емеррахъазулаб г1уц1и (МФЦ). МФЦялъул х1алт1ул аслияб хаслъи ккола – гьеб «цогояб гордо» абураб къаг1идаялда х1алт1улеб бук1ин. Гьанжелъаг1ан щиб х1алт1и гьабулеб бук1аниги, кинаб документ х1ажалъаниги къвариг1арал кагътазда, справкабазда хадуб бат1и-бат1иял учреждениязде чанго нухалъ ине кколел рук1ун ратани, гьанжеялдаса нахъе къвариг1ел т1убазелъун цох1о МФЦялде ани г1ола. Нилъее х1ажатал документал, справкаби ва гь. ц. МФЦялъул специалистаз жидецаго данде рак1арун, кинабго х1адур гьабун нилъехъе кьола. Гьелъул к1удияб санаг1алъи бук1ина г1исинал лъимал ругел, ц1ик1к1араб ригьалъул, рик1к1адал росабалъа рач1ине кколел ва гь.ц. г1адамазе.