Жакъа, 30 октябралъ т1олабго улкаялдаго рак1алде щвезарулел руго политикиял репрессиязул къурбанал. Федералияб роцадул жидеда гьоркьоб цониги гьеч1ел, памятниказухъе т1угьдул лъезе ун, ц1алул идарабазда рак1алде щвеялъул дарсал кьун «мунагьал чуризарула» гьел, х1акъикъаталдаги (ин ша Аллагь), шагьидаллъун хварал, т1аг1инарурал миллионал г1адамазул. Амма гьеб гьит1инабго бербалагьиялъ кинго бец1изе рес гьеч1о т1алъиялъул г1адалаб ццим бахъиналъул карачаликьеги ккун, унго-унголъунги кьуч1 гьеч1еб рец1алица ракьул сураталдаса рац1ц1ун арал диниял, офицеразул чин бугел рагъулал, г1елмиял, иш бажарарал г1адамазда цебе. Бец1ун лъуг1изе рес гьеч1о г1айиб жакъа улкаялда 800 азаргог1ан чи жидер ругел, жалги респрессиязул къурбаналлъун рик1к1арал, гьезул лъималазда цебеги.
«Тройкаян» ц1ар тараб (дица абилаан «бидулаб тройкаян») партг1уц1иялъул нухмалъулесдасан, НКВДялъул начальникасдасан ва прокурорасдасан г1уц1араб бак1алъулаб къокъаялъ «Сталинил репрессия» ян ц1арги лъун, жидерго «квешаб бералда» рихьаразе 1928-39 соназ (репрессиязул бищун х1алуцараб заман) кьуна бищун х1ал к1олареб, цебе ч1езабизе зах1матаб г1акъуба-бугебщинаб маг1ишатги бахъун, жанир т1амуна, цинги г1емер заман гьоркьоб балелдего, ч1вана ва хобцин гьеч1ого цебе ккаралъуре ран тана. Жакъа гьел пакъирзаби рак1алде щвезарулеб къоялъ щивасда цеве вач1унев ватила жидерго к1удияв эмен, эмен, имг1ал, вац. Дидайин абуни берда цебе вуго дирго дада (мунагьал чурад)-эбелалъул ургьив гьев вук1аго, цевеса вачунги ун гьоркьов инавуна дир к1удияв эмен, баг1арав партизан Хъайтмазов Мух1амад (К1удияв Мух1амад). Репрессиязул къурбанлъун рик1к1аниги, жиндие бук1ине кколеб я материалияб, я моралияб рец1ел пачалихъалдасан щвеч1ев дир инсул т1олабго г1умру ана «инсуца тарбия кьеч1ев, гьес бет1ералда квер бахъич1ев пулан вугин живан» анищазда. ДРялъул совнаркомалъул председатель Нажмудин Самурский (доваги ватугеяв) т1алъиялде вач1индал, «Мун щай ч1ух1араб хъабарчаги рет1ун вук1ине кколев, бихъ-бихъарабги рет1ун язихълъиялда дун г1адалги тунилан», г1урдада бахъараб кьурдул свери ц1акъ хираго ч1ана дир к1удадае. Гьев живго мах1румлъана к1икъойилъ вук1аго г1умруялдаса, лъималги хъизангийин абуни хут1ана чияда рагьда х1алт1ун чадие жо балагьун, ц1акъ зах1матаб яшавалда. Ц1акъ рек1ее асар гьабуледухъ гьеб вах1шилъиялъул хъван буго А. Солженицыница жиндирго «Архипелаг ГУЛАГ» асаралда. 257 жанив т1амурасул кагътаздасан, рак1алдещвеяздасан ва живго авторасул къисматалдасан г1уц1ун буго т1ехь.
Дол рик1к1адал 1918 соналдаса байбихьун 1956 соналде щвезег1ан соназда жаниб бадибе абураб раг1иялъухъ батаниги, хъвараб макъалаялъухъ батаниги, бихьизабураб цойгидаздаса лъайгун квешалъе къимат кьезе бажари батаниги, маг1ишат гьабизе махщел батаниги сабаблъун т1алъиялъ гьоркьор инарурал лъик1аздаса лъик1ал г1адамал рак1алде щвезарулеб къо буго жакъа. 30 октябрь. Щибха гьабилеб, т1адчаг1азе киданиги рокьич1о ва рокьизеги гьеч1о жидедаго бадибе раг1и абулелги, ц1одоралги, бажараралги. Къабуллъич1о доб мехалъ нужги, репрессиязул къурбанал, додиг1ан г1умруялъго эменги, ниж киналгоги г1ащикълъун, урхъун арав дие дах1адада…
Аллагьас Алжан кьун рохизарун ратаги нуж, бихьараб г1акъуба рик1к1ун даражаги кириги хъваги нужееги, гьелъул рич1ч1иялъ къисмат бигъинабурал нужер наслабазеги.
Миллионал къурбаназе дуг1аги гьабулаго, доб дунялалда т1обит1изесеб Аллагьасул «чисткаялъукьаги» мискинхалкъалъе жидедасан зарал-зиян ккарал т1адчаг1и рорч1изе гьеч1олъиялда щукруги гьабулаго, лъуг1изе толеб буго иргадулаб редакторалъул каламги.
Ф. Мух1амадова.
|