Автор.У.Къурамух1амадова.Октябрь 2015с.
Гьале ахиралде щолел руго хасалихълъиялъул къоял. Бач1араб хинаб гьава-бакъалдаса пайдаги босун г1адамаз раг1алде рахъинаруна ах-хуралъул х1алт1аби, рукъалде буссинабуна т1олабго маг1ишат. Эбел-инсуда цадахъ ц1алдохъабазги к1удияб бут1а лъуна гьел зах1маталде ругьун гьарулел х1алт1абазулъ.
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2015с.
Дагъистан цебет1езабиялъе, гьелъул г1адамазул г1умру-яшав берцин гьабиялъе, экономика, социалияб бут1а, культура, лъай кьей кризисалъулаб ах1вал-х1алалдаса борч1изабиялъе ургъарал приоритеталъулал проектазда гьоркьоб хасаб бак1 кколеб «Инсанасулаб капитал» проекталда к1вар бугеб бут1а лъола культураялъги. Гьелъул к1вар буго нилъер г1олохъаби наркоманиялдаса, къвариг1ел гьеч1ел пишабаздаса, г1умру гьабиялъул маг1на билиялдаса рорч1изариялъе. Нилъ ккола г1алимазул, поэтазул ва махщелчаг1азул улка. Х1ажат буго цадахъаб х1алт1иялъул х1асилалда, Дагъистан цебехун бачине. Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго районалъул культураялъул отделалъул начальник Мух1амадова Ирайгьанат Халиловнаялъулгун.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Октябрь 2015с.
Жакъа, 30 октябралъ т1олабго улкаялдаго рак1алде щвезарулел руго политикиял репрессиязул къурбанал. Федералияб роцадул жидеда гьоркьоб цониги гьеч1ел, памятниказухъе т1угьдул лъезе ун, ц1алул идарабазда рак1алде щвеялъул дарсал кьун «мунагьал чуризарула» гьел, х1акъикъаталдаги (ин ша Аллагь), шагьидаллъун хварал, т1аг1инарурал миллионал г1адамазул. Амма гьеб гьит1инабго бербалагьиялъ кинго бец1изе рес гьеч1о т1алъиялъул г1адалаб ццим бахъиналъул карачаликьеги ккун, унго-унголъунги кьуч1 гьеч1еб рец1алица ракьул сураталдаса рац1ц1ун арал диниял, офицеразул чин бугел рагъулал, г1елмиял, иш бажарарал г1адамазда цебе. Бец1ун лъуг1изе рес гьеч1о г1айиб жакъа улкаялда 800 азаргог1ан чи жидер ругел, жалги респрессиязул къурбаналлъун рик1к1арал, гьезул лъималазда цебеги.
|
Автор.И.Мух1амадов.Октябрь 2015с.
К1иабилеб сон сверулеб буго Хунзахъ росдал дибирлъун Мух1амад-х1ажи Мух1амадов т1амуралдаса. Гьеб заманалда г1езег1ан хиса-баси ккана росдал динияб г1умруялда. Мух1амадил дибирлъиялъул соназде ккана жинда сверухъ г1адамазул г1емераб ах1и-х1ур бахъараб Динияб идараялъул хвел-хобалда хурхараб х1укму росулъ билълъанхъизабиги. Гьелъулги цогидал динияб г1умруялда хурхарал суалазулги бицине нижер редакциялде вач1ун вук1ана гьев. Рак1алде ккола Дагъистаналда ислам т1ибит1изабиялъул цевехъан, жиндир шапаг1ат нилъее щваяв Абулмуслим щайхасул хоб жаниб бугеб росдал динияб х1аракатчилъи цогидал жамаг1атазеги пайдаяб бук1инилан. Гьеб гуребги Мух1амад-х1ажи ккола цох1о Хунзахъ гуревги, росабалъги х1атта республикаялъул Динияб управлениялъул ц1ар бугев динияв х1аракатчи. Гьеб мурадалда бахъулеб буго газеталда гьаб материалги. Гьале нижедаги Мух1амад-х1ажидаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
|
|