Пятница, 26.04.2024, 12:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 14 » РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛЪУЛ КЪО.
14:29
РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛЪУЛ КЪО.

Заман уна лъим г1адин,

Рак1алдещвей г1асрабазго хут1ула.

Гьал къоязда Г1арани гьоркьохъеб школалда т1обит1ана г1емерал соназ гьеб школалда х1алт1арав х1албихьи ва лъай ц1ик1к1арав учитель Х1асанбегов Зубайир Мух1амадович рак1алде щвезавиялъул къо.

Радал саг1ат 9 т1убаралдасаго к1удияб ч1аголъи, багъа-бачари лъугьинабун бук1ана Г1арани гьоркьохъеб школалда. Лъугьинаребги кинха, гьенире рак1арун рук1ана районалдасаго математикаялъул учительзаби, гьеб предмет бокьулел ц1алдохъаби, Зубаир Мух1амадовичасда цадахъ х1алт1арал, гьанже мустах1икъаб х1алхьиялде арал муг1алимзаби, гьес г1акъилал дарсал кьурал ц1алдохъаби, ва гьел гурел г1емерал цогидалги вакилзаби.

Байрамалъе берцинлъи кьун бук1ана гьезда гьоркьор республикаялъул нухазул маг1ишаталъул агенствалъул нухмалъулев, Зубайирил вук1арав ц1алдохъан, Загьид Х1ажиевич Хочбаров, райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камилович Юсупов рук1иналъги.

Рак1алде щвеялъул къо рагьана школалъул математикаялъул учительница Г1айшат  Патах1овалъ. Зубайир Мух1амадовичасул зах1маталъулаб нухалъе лъик1аб къиматги кьун, гьелъ к1алъазе раг1и кьуна С. К. Юсуповасе. Саг1ид Камиловичас олимпиадаялъул г1ахьалчаг1азда, гьезие дарсал кьолел педагогазда ва т1аде ах1арал гьалбадерида х1урматияб данделъиги баркун, г1одорч1аразе бицана нилъер районалда лъай кьеялде кьолеб бугеб к1варалъул.  Г1ун бач1унеб г1ел-нилъер бук1инесеб кколелъул, к1вар бугеблъун рик1к1ана гьес, пагьму-гьунар бугел лъималазул рахъ кквей, гьел церет1езе ресал кьей, гьенибго Г1арани гьоркьохъеб школалда районалдаго т1оцебе учителасул х1урматалда т1обит1улеб олимпиадаялдасаги гьес к1удияб разилъи загьир гьабуна. К1алъазе вахъарав Зубайир Мух1амадовичасул вук1арав  ц1алдохъан Загьид Хочбаровас г1одорч1аразе бицана жидерго учителасул х1акъалъулъ. Учителасе къимат кьолин, абуна гьес, - гьесул  ц1алдохъабазухъ балагьун. Х1асанбеговасул ц1алдохъабазухъ балагьараб мехалда г1емерал ругила гьес кьураб лъаялъухъ гуребги, гьесул чилъиялъухъ, г1аданлъиялъухъ гьесие рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабулелги. Рак1алде щвезабуна, ц1ализе лъугьунелъул, нилъеда гьит1инабилан кканиги, Хочбаровас к1удияблъун рик1к1араб, жиндиего гьес гьабун бук1араб кумекалъулги. Загьид Х1ажиевичас рак1-рак1алъулаб баркала кьуна гьединаб к1вар бугеб тадбир т1обит1араб школалъул дирекциялъе, учительзабазул коллективалъе. Гьес г1одорч1аразе раг1и кьуна щибаб соналда жигар бахъилин Зубайир  Мух1амадовичасул х1урматалда т1обит1улеб олимпиадаялде вач1ине, школа лъуг1улел лъай бугел ц1алдохъабазул рахъ кквезе.  Ц1алул отличниказе школалдаги, школа лъуг1ун хадуб  Россиялъул ВУЗаздаги лъик1ал къиматазда ц1алулел студентазеги жиндирго рахъалдасан стипендия ч1езабизе.

Зубайир Мух1амадовичасда цадахъ х1алт1арал Мух1амадрасул Х1айбулаевас, Рапиг1ат Г1алиевалъ, Пат1имат Г1абдулаевалъ, доб мехалда школалъул директорлъун х1алт1улев вук1арав Мух1амад Насух1овас г1ахьаллъаразда бич1ч1изабуна Зубайир Мух1амадовичасул г1адатлъиялъулги, гьесул х1алт1уде бук1араб рокьиялъулги, гьелъ гьев к1одо гьавизе мустах1икъав вук1иналъулги. Цо-цо учительзаби дарсал лъуг1ун хадуб рокъоре унелъул,  Зубайир Мух1амадович вихьулаанин бицана гьез, завуч х1исабалда, школалда дарсазул расписание г1уц1улевниги, ц1алул планал гьарулевниги, ц1алдохъабазе консультациял гьарулевниги, школалъул методикияб кабинет къач1алевниги, ай школалда щиб х1алт1и  гьабулеб бук1аниги, гьелде гъорлъе гъеж гурун лъугьун х1алт1улев къаси нахъалъизег1ан.

Жиндицаго  дарс кьолелниги, кьоларелниги г1емерал бат1и-бат1иял ВУЗазде лъугьине бокьарал ц1алдохъаби рук1унаанила гьесда хадур лъугьун, гьесдасан кумек т1алаб гьабун, гьел гурелги, заочно ц1алулез гьев тезего толароанила, жидеего кьурал т1адкъаял т1уразе кумек гьарун рач1ун. Гьесул кинаб бук1аниги ч1ух1и бук1унароанила, щивасда лъимер г1адин гьеб бич1ч1изабулев вук1унаанила Зубайир. Цо-цо г1адамал гьесухъе рач1унаанила, махсародеги, х1албихьизелъунги к1олеб батани, гьеб масъала гьабеян кепал гьаризе. Гьес г1ебсаг1атго гьебги гьабун абулаанила, т1ок1аб жиндихъе гьадинал бигьаял масъалаби росун рач1унгейила, к1олеб батани, жинда гьаризе к1оларел зах1матал росун рач1айилан.

Бечедаб ва пайда ц1ик1к1араб бук1ана гьеб къоялъул программа киналго гьелда гъорлъ г1ахьаллъи гьабулелщиназе. Радал саг1ат ич1гоялде бащадаб х1алт1аралдасаго байбихьана олимпиадаялъул г1ахьалчаг1и лъазарун, гьезие ва т1аде рач1арал гьалбадерие х1урматияб къаг1идаялда салам кьун школалъул ц1алдохъабаз ва педагогазул коллективалъ жидерго х1алт1и. Хадуб цо классалде руссана Зубайир Мух1амадовичасул х1урматалда т1обит1улеб олимпиадаялъул г1ахьалчаг1и, цогидаб классалде руссана Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул  математикаялъул  учитель Г1абдурах1манов Ах1мад Мух1амадовичас кьолеб рагьараб дарсиде, хадусеб классалде рак1арана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул математикаялъул учительница Мух1амадова Муслимат Дах1ададаевнаялъул математикаялъул к1варалъул ва гьеб лъазабизе т1адаб бук1иналде буссараб тадбиралде. Г1езег1ан х1алуцараб бук1ана математикаялъул кабинеталда  Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалъул учительница Гьит1инова Хъандулай Дибировнаялъул нухмалъиялда гъоркь араб математикаялъул учительзабазул гургинаб столги.

Бищунго рек1ее асар гьабулеблъун бук1ана Зубайир Мух1амадовичасул г1умруялъул ва зах1маталъулаб нухалъул х1акъалъулъ гьесул рук1арал ц1алдохъабаз, гьудул-гьалмагъзабаз, цадахъ х1алт1араз бицунеб х1урматияб дандеруссин ва олимпиадаялда бергьаразе шапакъатал кьей.

Ахиралда жидер эмен к1одо гьавун тадбир г1уц1араб школалъул коллективалъе, районалъул лъай кьеялъул отделалъе, инсул вук1арав ц1алдохъан Дагъавтодоралъул нухмалъулев Загьид Х1ажиевичасе, киналго гьеб тадбиралда г1ахьаллъарал математикаялъул муг1алимзабазе рак1-рак1алъулаб баркалаги кьолаго, Зубайир Х1асанбеговасул вас Мух1амадица, яс Раисатица ва дурц Тимур Г1умаровас олимпиадаялда т1оцебесеб бак1 босарай Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Х1асанова Таибатие кьуна жидерго рахъалдасан 15 гъурущ ва 1-себ даражаялъул диплом, к1иабилеб бак1 ккурав Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Мах1мудов Запирие 10 азарго гъурущ ва 2-леб даражаялъул диплом, лъабабилеб бак1алде яч1арай Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Мух1амадова Саниятие 5 азарго гъурущ, 3-леб даражаялъул диплом.

Гьединго бергьенлъи босарал ц1алдохъаби ва гьезие дарсал кьолел учительзаби Загьид Х1ажиевич Хочбаровас к1одо гьаруна ноутбуказдалъун ва планшетаздалъун. Жиндирго вокьулев учитель рак1алде щвеялъе гьес школалъул коридоралъуб ч1вазе гьабун бач1ана Зубайир Мух1амадовичасул сурат т1ад бик1араб мемориалияб хъарщиги.

Байбихьудаса бахъараб ахиралде щвезег1ан тадбир берцинго бачана ва гьелде ц1алдохъабазул лъик1аб церерахъин х1адурана школалъул учительница Г1айшат Патах1овалъ.

Данделъи лъуг1ун хадуб киналго тадбиралда г1ахьаллъарал г1одор ч1ана кванил ниг1матаздалъун бечед гьабураб столалда нахъа ва киназго дуг1а-алх1ам ц1алун кьуна Зубайир Мух1амадовичасул рух1алъе. Аллагьас мунагьал чурун ратаги гьесул.

Н. Г1алиева.   

 

Просмотров: 509 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz