Автор.И.Мух1амадов.Май 2016с.
23 апрелалда Мах1ачхъалаялда т1обит1ана нилъер ракьцояв, «Анжи» командаялъул вук1арав капитан, Г1ахьалч1иса мунагьал чураяв Ибрагьим Х1асанбегов рак1алде щвезавиялъул мурадалда, районалъул кубокалъе г1оло, районалъул росабазул т1аса рищарал командабазда гьоркьоб футболалъул рахъалъ турнир. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна кинабниги 45 командаялъ. Турнир г1уц1ун бук1ана районалъул жамг1ияб г1уц1иялъул, администрациялъул ва цогидалги районалъул сахаватчаг1азул х1аракаталдалъун.
|
Автор.М.Къебедов.Май 2016с.
Щибаб ишалъулъ бук1ине ккола жиндирго тартибги ва ахиралда нилъ щвезе кколеб цебе ч1араб мурадги. Архитектор х1исабалда дие гьаниб бицен гьабизе бокьараб суалги районалда бак1ал раялда хурхараб буго. Районалъул бет1ер С. Юсуповасул анишги райцентр щибаб росо берцин гьаби кколелъул, т1адч1ей гьабила бищунго аслиялда.
|
Кинав вукIаниги инсан районалъул бетIерлъуде, яги кинаб букIаниги хIакимлъиялде вачIунев вугони, гьесул мурадлъун букIине кколин тола дица, гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъизаби. Росабалъа, мугIруздаса гIадамал гIатIиракьалде гочинаредухъ росабазул цебетIей лъугьинабун, гьарураб, гIураб бакIги тIегьазабун, рижаралъурго гIумру гьабун чIезари, районалъул, хIалтIулеб гIуцIиялъул къимат-къадру борхизаби.Нилъер районалъул бетIерлъуде Юсупов СагIид Камилович вачIун балеб буго 3 сон. Гьеб заманалда районалда лъугьара-таралъул, гьесдаса ва гьесул командаялдаса бугеб разилъи яги разилъунгутIи кинаб бугебали лъазелъун жакъа нижер мухбир дандчIвана районалдаса цо-цо гIадамалгун. Гъоркьехун рахъулел руго гьезул цо-цоязул пикраби.
|
Автор.Н.Г1алиева.Май 2016с.
Гьал къоязда Г1арани гьоркьохъеб школалда т1обит1ана г1емерал соназ гьеб школалда х1алт1арав х1албихьи ва лъай ц1ик1к1арав учитель Х1асанбегов Зубайир Мух1амадович рак1алде щвезавиялъул къо.
|
|