Пятница, 26.04.2024, 07:52 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 16 » РАЧ1А Т1АБИГ1АТ БЕРЦИН ГЬАБИЗИН.
17:52
РАЧ1А Т1АБИГ1АТ БЕРЦИН ГЬАБИЗИН.

Гьал ахирал соназ хасго ц1ик1к1ун бицунебги абулебги хъвалебги буго сверухъ бугеб т1абиг1ат, гьелъул бечелъи, берцинлъи ц1унизе ккеялъул ва гьеб хвезабиялъ инсанасеги, ч1агоябщиналъеги гьабулеб бугеб заралалъул, лъугьинабулеб бугеб х1инкъиялъул х1акъалъулъ. Амма киг1ан гьедин бук1аниги, сундулго г1адлу-тадбир биххараб гьаб заманалда лъалаго, бихьулаго сун унеб буго инсанасул г1аммаб рукъ, гьесул хазина т1абиг1аталдехун ва гьелъул бечелъабаздехун гьабулеб бербалагьи. Мисалалъе, гьаб к1иго соналда жаниб киназдаго бихьун батила районалъул бет1ерлъун Юсупов Саг1ид вач1аралдаса гьесул нухмалъиялда гъут1би ч1ун, паркал гьарун, рац1ц1а-ракъалъи ц1унизе районцоял ах1ун, сверухъ бак1 берцин гьабиялъе киг1ан х1алт1и гьабурабали. Амма гьесул бет1ерлъиялда ва жавабчилъиялда гьабураб х1алт1и киназдаго кколеб буго жиндиего х1ухьбахъиялъе, берцинлъиялъе гьабураб х1алт1ийилан. Хал гьабеха, Бакьагьеч1иса Г1ободе щвезег1ан нилъер районалъул т1абиг1ат дагьабги берцин гьабизе ч1арал гъут1би сверун къан бук1араб бак1 г1и-боц1уцаги, г1адамазги чан бак1алдаса хвезабун бугебали. Гьединго Гьоц1алъ ва Харахьи участкаялде х1ухьбахъи гьабизе аразда бихьун батила гьенир ругел рохьаздехун инсанасул кинаб бербалагьи бугебали, кин цо-цо бак1азда нилъер рохьаздехун хъач1лъи, инжитлъи биччалеб бугебали.

Гьеб кинабго бихьараб мехалъ, кинха абизе к1велеб гьава-бакъ лъик1лъиялъеги, ракьал ччук1алидаса ц1униялъеги, лъимал ц1ик1к1иналъеги, инсанасул сахлъи щулалъизабиялъеги, гьесул г1умру халат гьабиялъеги ва г1емераб цоги-цогидалъеги рохьазул бук1унеб к1варги, квербакъиги инсанасда лъалеб батилилан. Сверухъ бугеб т1абиг1ат ц1униялдехун гьединаб бербалагьи гьаби ккола инсанасул жанисеб культураялъул, рух1ияб язихълъиялъул, бич1ч1и гьеч1олъиялъул, пикру мукъсанлъиялъул г1аламатлъун. т1ок1аб кинаб раг1удалъунха гьелъие къимат кьелеб? щивасда бич1ч1изе ва лъазе ккола жив т1абиг1аталъул т1ей гьеч1еб бут1алъунги, гьелъие г1оло жавабиявлъунги вук1ин.

Цебе, дун школалда ц1алулеб мехалъ, кутакаб к1вар кьолаан г1олеб г1ел умумузул бах1арчилъиялъул, рит1ухълъиялъул, г1араб Ват1ан-т1абиг1ат, ракь бокьиялъул, лъик1ал г1адатал ц1униялъул рух1алда куцаялде. Школалда ц1алулгун тарбия кьеялъул г1аммаб х1алт1ул т1ей гьеч1еб бут1алъун ккола зах1маталъулаб тарбия, т1абиг1ат бокьиялде инсан гьит1инго куцаялъул суалал. Ахирал соназда улкаялдаго лъугьарал зах1малъаби хъат1ич1ого хут1ич1о школазул г1умруялъулъ ва х1алт1улъ. Дир пикруялда г1емерго чучлъанин тола дица ц1алдохъабазул школалде, ц1алуде рокьи. Свана гьезулъ зах1маталде, х1алт1уде бук1араб гъира, лъуг1анин абизе бегьула т1абиг1ат ц1униялдехун бугеб бербалагьиги. Жакъа нилъер районалъул дагьабниги берцинаб т1абиг1ат бугеб бак1алда х1ухьбахъи гьабизе г1одорч1аразда бихьун батила гьениб т1абиг1ат г1ала-гъважа, шушби-банкаби г1одоре ран кин мусоралъул свалкабазде руссинарун ругелали. Гьеб кколарищ нилъеца т1абиг1аталдехун гьабулеб бугеб вах1шилъи. Цониги чияс аск1ов г1одов ч1арасда абулеб гьеч1о, дуцаго гьабураб мусор цадахъ босизе кколилан. Абуниги гьелъухъ г1инт1амулебги гьеч1о. Лъималаз чороклъи гьабулеб бугониги гьесие бадибч1вай гьабулелги гьанже заманалда ц1акъ дагьал гурони рук1унаро. Умумулги, бищун цебе дунги гьавун, киналго г1арцуда, маг1ишаталда хадур лъугьун руго, г1олеб г1елги гьабизе жоги т1аг1ун, дир рукъ росу раг1алда бугилан абухъего, жидерго ишалде гъалмагъиралде руссун, сверулел руго. Палх1асил дица рик1к1уна нилъеца т1абиг1аталдехун балагьун гьабулеб х1алт1и ц1акъ г1ей гьеч1еблъун бугилан.

Х1урматиял районцоял, ц1алдохъаби, умумул цох1оги нухалъ лъик1аб х1алалъ балагье нилъедаго сверухъ бугеб т1абиг1аталде. Унго гьелъул берцинлъи, ч1ух1и, беричлъи, бечелъи. Рач1а ц1унилин, ц1игьабилин гьеб къиматаб хазина. Гьелъухъ нилъее жибго т1абиг1аталъги бец1ун лъуг1улареб баркала кьела. Нилъедаса наслабиги ч1ух1ила. Умумзул х1алги бохила. Рач1а нилъги рук1инин умумузе рит1ухъал ирсилаллъун, т1абиг1аталъул гьудулзабилъун, район берцин гьабиялъе квербакъулел гьалмагъзабилъун.       

Просмотров: 1856 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz