Автор.Гъ.Къурамух1амадов.Октябрь 2015с.
Дун гьит1инав г1олохъанчи вугеб мехалъ, жеги лъик1аб х1алалъ дунял бич1ч1илалде, г1акълу ц1убалалде биххана Советияб улка. Рокъобги къват1ибги, к1иго чи данделъараб бак1алдаги гьанжеги, ригь арал харабазги, дир ригьалъул г1адамазги щакърахун бицуна гьеб пачалихъалъул.
Гьал ахирал соназ хасго ц1ик1к1ун бицунебги абулебги хъвалебги буго сверухъ бугеб т1абиг1ат, гьелъул бечелъи, берцинлъи ц1унизе ккеялъул ва гьеб хвезабиялъ инсанасеги, ч1агоябщиналъеги гьабулеб бугеб заралалъул, лъугьинабулеб бугеб х1инкъиялъул х1акъалъулъ.
Гьал къоязда нилъер районалде бач1ана лъик1аб хабар-Байикь росулъ бугеб «Стелла» ва т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» СПКязде «Меседилаб хасалихълъи-2015» т1олгороссиялъул агропромышленнияб выставкаялдаги г1ахьаллъун гьезие меседил медалалгун дипломал щвеялъ киналго рохизаруна.