Гьал къоязда районалъул лъай кьеялъул отделалъул жигарчилъиялдалъун Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалда т1обит1ана «Рахьдал мац1алъул муг1алим - 2016» республикаялъулаб конкурсалъул к1иабилеб бут1а. Гьелъул мурадлъун бук1ана рахьдал мац1алъул ва литератураялъул муг1алимзабаздасан творчесткияб къаг1идаялъ х1алт1улел муг1алимзаби загьир гьари, гьезул рахъ кквей, лъай кьеялда миллиял мац1азул к1вар борхизаби.
Конкурсалда г1ахьаллъулел рук1ана районалъул г1аммаб лъай кьеялъул школазул рахьдал мац1алъул учительзаби: Абакарова Зайнаб Шуг1айбовна, Шотода аслияб школа; Гераева Мадина Мух1амадовна, Уздалросдал гьоркьохъеб школа; Зиявудинава Барияб Мух1амадовна, Х1ариколо гьоркьохъеб школа, Шаг1банова Фирюза Мух1амадовна, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школа.
Конкурсалъул г1ахьалчаг1азе къимат кьезе бищун бук1ана лъай кьеялъул х1алт1ухъабаздасан г1уц1араб жюриги.
Конкурс бикьун бук1ана 3 бат1ияб номинациялде6 порторилио, презентация, дарс кьей. Муг1алимзабаз жидерго дарсал рачана 9, 10, 11 классазда. Киназго т1аса бищун бугоан литература.
Г1арип Расуловасул «Хазина» абураб хабаралдасан дарс бачарай З. Шуг1айбовналъ, Батирайил творчествоялдасан ц1алдохъабазе дарс кьурай М. Гераевалъ, эбелалъул х1акъалъулъ лъималазе гъваридго бицарай Б. Зиявудиновлъ, ц1алдохъабазе Ч1анк1ал творчество рагьарай Ф. Шаг1бановалъ бихьизабуна лъазего лъаларел лъималазухъе ун дарс кьезе жидерго бугеб бажари, т1аса бищараб тема ц1алдохъабазда гъваридго бич1ч1изабизе лъай.
Самопрезентациялда маг1алимзабаз бихьизабуна жидерго педагогикияб х1алт1ул творческияб отчет, гьанжесел технологиялгун учиталасухъа х1алт1изе бажари.
Жюриялъ гьарурал х1асилазул кьуч1алда т1оцебесеб бак1алде яч1ана З. Абакарова, 2-леб бак1 гьоркьоб бикьана М. Гераевалда ва З. Зиявудиновалда гьоркьоб, лъабабилеб бак1 босана Ф. Шахбановалъ.
Жюриялъул председатель Раисат Х1ашт1иховалъ конкурсалда г1ахьаллъарал учительзабазе кьуна г1ахьалчиясул сертификат, грамотаби ва г1арцулал сайгъатал.
Гьедин, г1уц1араб къаг1идаялда ана рахьдал мац1алъул учителасул къо районалда.
Конкурсалда бергьенлъи босарай З. Абакарова г1ахьаллъизе йиго республикаялъул рахьдал мац1алъул муг1алимасул конкурсалда.
Гьарилинха гьелъие гьеб конкурсалдаги бергьенлъаби.
Н. Г1алиева.
|