18 февралалда Хунзахъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул депутатазул собраниялъул анлъабилеб ах1иялъул ункъабилеб сессия. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас, гьесул заместителаз, администрациялъул отделазул нухмалъулез, росабазул бут1руз, депутатаз, республикаялъул бет1ерасул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакиласул кумекчи Мух1амад Мажидовас, терроралде данде къеркьеялъул рахъалъ республикаялъул бет1ерасул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев кумекчи Сайпудин Сайповас, районалъул жамг1иял ва диниял х1аракатчаг1аз.
|
Автор.Н.Г1алиева.Февраль 2016с.
Гьал къоязда районалъул лъай кьеялъул отделалъул жигарчилъиялдалъун Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалда т1обит1ана «Рахьдал мац1алъул муг1алим - 2016» республикаялъулаб конкурсалъул к1иабилеб бут1а. Гьелъул мурадлъун бук1ана рахьдал мац1алъул ва литератураялъул муг1алимзабаздасан творчесткияб къаг1идаялъ х1алт1улел муг1алимзаби загьир гьари, гьезул рахъ кквей, лъай кьеялда миллиял мац1азул к1вар борхизаби.
|
Автор.П.Султ1анова.Февраль 2016с.
Т1олабго улкаялда, 15 февралалда Афгъанистаналъул рагъул г1ахьалчаг1азул къоялъул х1урматалда т1орит1ула рагъухъаби - интернационалистазулгун дандч1ваял. Гьедин, нилъер районалъул Гьамущи росулъги к1одо гьавуна Афгъанистаналъул рагъул г1ахьалчи – интернационалист Г1абдулмажидов Расул.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Февраль 2016сон.
Исана лъабабилеб нухалъ Авартеатралда т1обит1ана маг1арул миллиябгун маданияб автономиялъул х1аракаталдалъун г1уц1араб к1иго къоялъ халатбахъараб рахьдал мац1алъул къоялъул х1урматалда тадбир.Ункъго соналъ цебего Хасавюрталда нилъер миллияб ч1ух1и Сайгидпаша Г1умахановас кьуч1 лъуна маг1арулал цолъиялъе квербакъулеб гьеб байрамалъе. Цинги гьесул лъик1аб инициативаялъ жигарал, миллат хириял, лъик1аздаса лъик1ал маг1арул васал ва ясал цолъизаруна дица т1адехун рехсараб жамг1ияб г1уц1иялде (РНКАА). Гьале, исанаги 20-21 февралалъ миллиял рет1елалгун, гьурмазда цо г1ажаибаб миллатцоял хиралъиялъул кунч1игун рак1арун рук1ана аварал жидерго гъанситухъе-Аваразул музыкалиябгун драмаялъул театралде.
|
|