Пятница, 26.04.2024, 03:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 23 » НУЖЕР САХЛЪИ-НИЖЕР МУРАД.
14:34
НУЖЕР САХЛЪИ-НИЖЕР МУРАД.

1968 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезег1ан Хунзахъ фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пункталъе нухмалъи гьабулеб буго Малачиева Умуца. Гьеб бащдаб г1асруялде г1агараб заманалда жаниб ккарал хиса-басиязулги, жакъа росдал г1адамазул сахлъи ц1униялда бугеб ах1вал-х1алги, х1алт1улъ дандч1валел зах1малъабазулги ц1ехон дун дандч1вана рехсараб медпункталъул заведующаягун.

-Уму Мух1амадовна, кинал ругел жакъа нужеда цере лъурал масъалаби?

-Нижеда цере лъураб масъала ккола Хунзахъ росдал жамаг1аталъе медикиябгун санитарияб хъулухъ гьаби. Кинавниги нижер жавабчилъиялде ккола 3474 чи, гьезда гьоркьоса ккола 1200 лъимер ва 56 жеги лъаг1ел бач1еб лъимер. Санайил росдал г1адамазе гьабула флюорография, гриппалде ва цогидалги унтабазде данде гьарула прививкаби. К1иго соналда жаниб цо нухалъ руччабазе гьабула маммография. Анц1го соналда жаниб цоц1ул планалда рекъон гьабула столбнякалде данде АКДС вакцина, гьединго лъабго соналдасан т1обит1ула всеобщая диспансеризацияги.

-Гриппалъ унтун ругезда прививкаби гьаризе бегьуларелъул, школаздагун ясли-ахазда ва цогидал г1адамазеги прививкаби гьарилалде гьел унтун ругищали лъазабизе кколарищ?

-Узухъда ккола. Нижеца гьеб лъазеги гьабула. Прививкаби гьаризе унелъул нижеда цадахъ вук1уна  врач ва цин гьес хал-шал гьабун гурони нижеца прививкабиги гьаруларо.

-Прививкаби гьаризе г1адамал разилъулел гьеч1они, х1ал гьабун гьабизе ихтияр бук1унищ?

-Бук1унаро. Амма инкар гьабураз ц1езе ккола жидеца инкар гьабунин абун гъулбасараб бланк.

-Зах1матго унтарав чиясе дару гьабизе рокъоре раккизе ине т1адаб бугищ нужеда? Гьединав чияс больничный босизе ккани щиб гьабизе кколеб?

-Зах1матго унтарав чиясде дару гьабизе рокъоре ине нижеда т1адаб буго. Бусадаса рахъине к1оларел унтаразде ниж щибаб кварталалда щола, х1ажалъи ккеялда бан цогидал унтаразухъеги раккула. Больничный босизе къвариг1ани цин нижеда лъазабизе ккола, хадуб нижеца ах1ула участковыяв врач ва гьес больничный лист рагьула.

-Г1адамазул хабар бук1уна хехаб кумек ах1иялъул суал больницаялъги  медпункталъги цоцазде рехун толилан. Щиб дуца абилеб гьелда хурхун?

-Хехаб кумек х1ажалъани цин ах1изе ккола медпункталде, ах1и щун хадуб нижер медсестра уна унтарасухъе, гьесул врач х1ажалъулеб х1ал батани нижеца больницаялдеги ах1ун, гьениса тохтур вач1инавула. Унтарасе рокъоре ун кумек гьаби бук1уна к1иго бат1ияб: нахъ бахъизе бегьулареб ва хехаб медикияб.

Нахъ т1амизе бегьулареб кумек гьабула унтарав температура бахун, заг1иплъун, х1алцен щун, мугъзал гьод, бет1ер ва рищалаби унтун вугони. Гьединал г1аламатал загьирлъулел ругони нижеца кумек гьабула.

Хехаб медикияб кумек гьабула унтаразул гипертоническияб криз, г1адалнахул бидул хьвадиялъул низам хвей, г1акълуялдаса ин, стенокардия ва инфаркт миокардаг1адал г1аламатал ругони, ай унтарав зах1матаб х1алалда вугони. Гьединаб мехалъ ах1изе ккола хехаб кумек. Гьениб цоцазде рехун тейги гьеч1о. Бук1уна цо-цо хехаб кумек цоги унтарасухъе араб заман, гьединаб мехалдаги хехаб кумек т1аде щвезег1ан нижеца медикияб кумек гьабула.

-Мун х1алт1изе лъугьаралдаса нахъе росулъ унтаразул къадар ц1ик1к1анищ? Ц1ик1к1араб батани гьелъие г1илла щиб?

-Г1емер ц1ик1к1ана. Гьелъие г1иллалъун дица рик1к1уна улкаялда ч1ара-хьараб ах1вал х1ал, ва метерисеб къоялде божи гьеч1олъи, тохтурзабаз хъварал багьа хириял дараби росизе киназулго рес гьеч1олъи, сахаб гуреб квен кванай. Ц1акъго ц1ик1к1ана унтарал лъималазул къадар, гьелъие г1илла батила лъимал гьит1инго телефоназдегун  планшетазде ва компьютеразде ругьунлъи.

-Кинал зах1малъаби х1алт1улъ дандч1валел нужеда? Ругищ г1олел-г1оларел рахъал?

-Кутакал зах1малъаби нижер гьеч1о, дагь-дагь ккун  росу к1одолъулеб бук1иналъ къо бахъанаг1ан х1алт1и г1емерлъулеб бук1ин гурони. Рес щун бук1аго росуцоязда гьаризе бокьун буго больницаялдегун пункталде ккеч1ого рук1ине щулияб сахлъи ва г1умрудул талих1, амма гьаб заманалда кинниги тохтурасухъе ккеч1ого хут1улел гьеч1елъул, к1удияб гьари буго прививкаби гьаризе инкар гьабугеян.

Уму, баркала дуе заманги батун нижгун гара-ч1вари гьабуралъухъ.

 

Гара-ч1вари гьабуна И.Мух1амадовас

 

Просмотров: 444 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz