Автор.Зульфия Х1ажиева.Октябрь 2016с.
ХIажимурад ХIажиевасда лъун буго наиб ХIажимурадил цIар. Гьавизеги гьев гьавуна 23 апрелалда, наиб ХIажимурад хвараб къоялъ. Гьедин ХIажимурад ХIажиевасулгун нижер гара-чIвариги бициналде буссана.
-ХIажимурад, «Честь имею!» абун дур инсуца хъвараб тIехь цIалун букIана дица. Гьениб берцинго хъван бугоан нужер хъизаналъул хIакъалъулъ. Масала, 30 абилел соназда Ростовалда букIараб хьитазул фестивалалда нужер кIудияв инсуе бергьенлъи щун букIанилан.