Пятница, 26.04.2024, 22:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 7 » НИЛЪЕР БАХ1АРЧИЯЛ УМУМУЗУЛ РИТ1УХЪАБ Г1УМРУ – Г1ОЛЕБ Г1ЕЛАЛЪЕ ИРСАЛЪЕ ТАРАБ МИСАЛ.
17:27
НИЛЪЕР БАХ1АРЧИЯЛ УМУМУЗУЛ РИТ1УХЪАБ Г1УМРУ – Г1ОЛЕБ Г1ЕЛАЛЪЕ ИРСАЛЪЕ ТАРАБ МИСАЛ.

Газет-журналалдасан ва телевидениялдасан г1емер хъвала, бицуна жидер мунагьал чураял нилъер умумузул бах1арчилъиялъул, багьадурлъиялъул, къох1ехьеялъул, хасго гьез нахъа тараб, гьанжесеб г1елалъе мисал босизе мустах1икъаб рит1ухълъиялъул, жавабчилъиялъул, хьвада-ч1вадиялъул г1умруялъул. Гьаб дирго макъалаялда бицен гьабизе бокьун буго т1адехун рехсаралги рехсеч1ого хут1аралги г1емерал жидедаса гьанжесеб г1елалъ мисал босизе мустах1икъазул цоявлъун кколев Хунзахъа Исбагьиев Мух1ул х1акъалъулъ.

Мух1у Исбагьиев гьавуна Хунзахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда 1901 соналда. Г1олохъанав Мух1уц1а жиндирго г1умру бухьинабуна, доб Октябралъул инкъилаб бергьарал соназдаса нахъего г1олохъанаб, х1алт1ухъабазулги рекьарухъабазги ц1ияб пачалихъалда бищунго к1вар ц1ик1к1араб ва жавабияб г1адамазул г1умру-яшав ц1униялъе г1оло инкъилабалде данде  ч1аразулгун гьабулеб  къеркьеялда. 1918 соналъул октябралдаса 1930 соналде щвезег1ан Мух1уца г1ахьаллъи гьабуна 11 абилеб Армиялъул кьерилавбаг1араскарилав х1исабалда, вагъана тушманасулгун гьабулеб рагъда ва хадубккун Муслим  Атаевасул баг1арал партизаназул къокъаялда гъорлъ. Бах1арчияб рагъул гьунаралъе, бажариялъе ва цогидазе мисалияб багьадурлъиялъе г1оло мустах1икълъана к1удияв лейтенантасул рагъулаб чиналъе. Граждан рагъул соназдаса хадуб М. Исбагьиевас лъуг1изаруна  милицаялъул  кадраби х1адурулел курсал ва 1922 соналдаса 1926  соналде щвезег1ан х1алт1ана милициялъул г1уц1абазда, Казбек ва Гумбет районазда.

Бажари ва г1уц1арухъанлъиялъул бугеб Мух1ул гьунарги, жиндехунго ва жинца нухмалъи гьабулел г1уц1абазул х1алт1ухъабаздехун бугеб кьварараб жавабчилъиги х1исабалде босун, гьев 1932-34 соназда вищула республикаялдаго к1удияздасан кколеб Хунзахъ росдал Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул партийнияб г1уц1иялъул секретарьлъун.

1934-38 соназда М. Исбагьиевас нухмалъи гьабуна Гъазибег районалъул Хубар росдал К. Марксил ц1аралда бугеб колхозалъул партийнияб г1уц1иялъе. 1938-43 соназда гьебго районалъул РК ВКП/б-ялъул аппараталда х1исаблъун ва статистикаялъул секторалъе нухмалъи гьабуна, хадубккун х1алт1ана гьенивго рагъулаб отделалъул нухмалъулевлъун.

1944 соналда Мух1у г1агараб Хунзахъ росулъе т1ад вуссана, х1алт1ана колхозалъул партийныяб г1уц1иялъул секретарьлъун, росдал Советалъул  председательлъун, колхозалда бат1и-бат1иял хъулухъазда – председателасул кумекчилъун ва цогидалги хъулухъазда. 1958 соналде, ай мустах1икъаб х1алхьиялде – пенсиялде инег1ан. Киве х1алт1изе кканиги, щиб хъулухъ жинда т1ад  къаниги М. Исбагьиевасе хасиятаблъун бук1ана т1адег1анаб жавабчилъи, лъил бугониги г1унгут1и бихьани, бадибе аби, хасго киса-кибего билълъанхъизабулеб рит1ухълъи, гьеб цогидаздасанги т1алаб гьаби.

Мух1у Исбагьиевасул  пачалихъалда цебе  гьабураб рак1бац1ц1адаб, бах1арчилъиялъул, рит1ухъаб ва мисалияб хъулухъ бихьич1ого хут1ич1о т1адег1анал идарабазда. Мустах1икъаблъун бихьула гьесие пачалихъалъул рахъалдасан кьурал шапакъатазул гьаниб рехсей гьабиги.

Инкъилабалда данде ч1аразде, бандитизмаялде данде, социалистияб Ват1ан ва зах1матчи халкъалъул г1умру-яшав ц1униялъе г1оло гьабураб рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1ологи  Революционнияб Советалъул ц1аралдасан Кировасул ва Орджоникидзел гъулбасаздалъун тасдикъ гьабураб Х1урматалъул грамотаялъе мустах1икълъана 1921 соналда.

1922 соналда ДАССРалъул ЦИК-алъул х1укмуялдалъун М. Исбагьиевасе кьуна шапакъаталъе хвалчен.

Гьабсаг1ат гьеб ц1унун буго Тарихалъулгун Ват1анлъазабиялъул музеялда Хунзахъ росулъ. 1930 соналда ДАССРалъул ЦИКалъул х1укумуялдалъун бандитизмаялде данде  гьабураб бах1арчияб къеркьеялъе г1оло Мух1уе  шапакъаталъе кьола Х1урматалъул грамота ва т1ад ц1ар хъвараб г1арцул  гъутухъ (портсигар).

1943 соналда М. Исбагьиев к1одо гьавуна, Дагъистаналда Советияб х1укумат бергьун 25 сон  т1убаялъул х1урматалда ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул  грамотаялдалъун.

1967 соналъул октябралда инкъилаб бергьун 50 сон т1убаялъул х1урматалда, Революция  бергьиналъе г1оло х1аракатав ва  бах1арчияв къеркьохъан М. Исбагьиев мустах1икълъана «Баг1араб ц1ва» орденалъе.

1973 соналда Хунзахъ  росдал Хизроевасул ц1аралда бугеб, республикаялдаго церет1ураздасан цояблъун кколеб колхозалъул правлениялъул х1укмуялдалъун, колхозалъул маг1ишаталда ва росдал жамаг1аталда гьабураб багьадураб зах1маталъе г1оло баркиялъул кагътаздалъун ва т1ад ц1арал хъварал саг1таздалъун к1одо гьаруразда гьоркьов вук1ана Мух1у Исбагьиевги.  Гьесие шапакъатгун баркиялъул кагъат кьезе т1адкъарав гьал мухъазул бет1ергьанас х1алхьиялда вугев Мух1ухъе гьесул хъизан-рукъалъул агьлуялда цадахъ рохалил  ах1вал-х1алалда гьев мустах1икълъараб шапакъатги кьуна.

Т1адехун рехсарал гурелги гьанир рехсеч1ого тарал г1емерал медалал, баркалаялъулгун баркиялъул кагътал, рецц-бакъалъул хъвай-хъваг1аял г1емер руго Мух1уе кьурал.

Т1адехун рехсараб, абадияб реццалъеги хадусеб г1олеб г1елалъе мисалияб  г1умруялъул нух нахъа тарав М. Исбагьиев нилъедаса ват1алъана 1986 соналъул марталда.

Гьесул мунагьал чурун ратаги, ахираталъул рукъалдаса вохаравлъун ватаги. Нилъеда кидаго к1оченаро жакъасеб нилъер гвангъараб г1умруялъе г1оло къеркьарал багьадурал умумул.

Мух1амадрасул Гьиматов, РФялъул ва ДРялъул школазул мустах1икъав учитель.

 

Гьаб макъала хъвалаго пайда босана М. Исбагьиевасул Хунзахъ музеялда ц1унун ругел документаздаса.

 

Просмотров: 625 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz