Пятница, 26.04.2024, 18:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 14 » МУХ1АМАД ГЪАЗИЕВ ГЬАВУРАЛДАСА- 75 СОН.
14:30
МУХ1АМАД ГЪАЗИЕВ ГЬАВУРАЛДАСА- 75 СОН.

Дагьалъ цебегIан росулъе щварай диде дандего екерун ячIана гьитIинай мадугьал Шумайсат: «Шамай ада, дида яслиялда цIияб кечI лъана», -янги абун. АхIилищ цойиланги абун, гьей кечI ахIизе лъугьана.

-Эбел кьижун йиго

Гьей свакан йиго

Дунги ясикIогун ясандиларо

Босиларо машин кодобегицин,

Эбел йорчIизегIан сихIкъотIун чIела

Щаялиго ургьимесалдаго цIа рекIараб гIадаб асар гьабуна дие гьел рагIабаз. Дир лъимерлъиялъул кечI. Дир гIелалъул васазги ясазги ахIулеб букIараб. МагIарул радиоялдасан гIемер рагIулеб букIараб. Гьеб къоялъ Шумайсатица дида лъимерлъиги эбелги ракIалде щвезаруна.

Дир пикрабазул щибго ургъел гьечIей гьей кечI ахIулей йикIана, дир квенчIелда гIодойги чIун:

Дий бокьун букIана кучIдул ахIизе, радиоги биччан, гIенеккун чIезе.

Амма щиб гьабилеб бегьуларелъул: эбел кьижун йиго, дун юцIцIун чIела.

*

КватIичIого эбел тIаде яхъина,цинги ясандила дун ясикIогун.

Биччала радио, ахIила кучIдул,гьабила дуй, эбел, дицаги кумек.

 

Доб мехалда цIакъго чIухIунгиха дун йикIуней йикIарай, кечIалъул автор дир росуцояв вугин лъайдал. МухIамад Гъазиев, лъималазул поэт. Лъималазул гIадаб недегьаб ракIалъул, гьезул гIадал гIадамазде бугеб божилъиялъул цIурал беразул, лъималазул гIадал пикрабазул шагIир. Гьединав вукIинчIевани, МухIамад лъималазул шагIирлъун вахъине вукIинчIо. Гьаб дунялги буго гIажаибаб жо. ГIемерисел хъвадарухъабазул ва шагIирзабазул букIуна талихIкъараб кьогIаб гIумру. ТалихIаб букIинчIо МухIамадил лъимерлъиги. КIудияб ВатIанияб рагъде эменги ун, МухIамад хутIана ялгъузай эбелгун. Цо вугев дарманги каранде къан, ахIулел рукIун ратила ГIайшатица МухIамадица хадур лъималазе кьурал кучIдул. МухIамад Гъазиев даималъего хутIана бацIцIадаб лъимерлъун. Унго- унголъунги цо гьаб кочIолги берцинлъиха:

Къоялъ хIалтIун свакараб бакъ кьижизе бегана.

РачIун чIегIерал хьухьал ч\ана гьеб цIунун аскIор.

Рогьалилъ борчIарабго,бохун гьимун тана бакъ,

АскIор рукIарал хьухьал нечеялъ багIарлъана…

Бихьулищха гьаб кочIолъ тIабигIаталъул бугеб берцинаб сипат.

Гьале цогиги:

Сордо кватIулеб буго, кибгIагидай доб бугеб?

Цощина гIалахалда кьижунцин хутIанадай?

*

Сордо кватIулеб буго, барщунцин бугодай доб?

ЦIвабиги моцIги унго инчIодай долда хадур?

*

Биччай бачIине сордо,рахIатаб бусен босун,

Халатаб маргьа босун, гьуинаб макьу босун.

Щиб лъалеб дарманасе- васасе гьаб кинидахъ кечIги ахIун букIун батилеб ГIайшатица. Цо вугев вас гьелъие даималъего лъимерлъун хутIун ватила. ГьитIинав МухIамадида кинидахъ рагIарал кучIдуз къалъизабуна гьесие къисмат. Лъимерлъиялъул хIасратал кучIдул хутIана МухIамадил гIумруялъул матIулъунги, гьес гьитIичазе тараб багьа кIудияб сайгъатлъунги, саназул саву жидеда киданиги ккезе гьечIел къиматал жавгьараллъунги. Гьеле гьединав вукIана нижер МухIамад. Кьуна Шумайсатица дихъе шагIирасул тIехьги. Гьенир ругел суратаздасан дие маргьа бицине лъугьана гьей. ЦIакъго къачIараб гьеб тIехь бугоан гIурус мацIалда. ТIехь къватIибе биччан букIана ГIалиев МухIул кумекалдалъун. Амма щакаб жо бугоха миллаталъул гьитIичаца тIехь магIарул мацIалда цIалиялда. ТIехьги бегана. ШагIирги ракIалде щвана. Ва дун ана росдал хабзалалъе. Гьениб ракь насиблъана гIумру Москваялда арав МухIамадие. Гьале дун гьесул зонохъ эхетун. Чиякъаб гьелъ бачунеб бугоан цIакъго пашманаб бакъан. Гьеб хобалде тIадеги къулун, дица гIурабго заман бана. Урхъун вугоан МухIамад урхъи буссинегIан гIумру жаниб тIамизе щвечIеб гIагараб росдахъги, росдал агьлуялъухъги, гьелъул щибаб гамачIалъухъги. Дида гьедин кколеб букIана, хIатта гьаракьгицин рагIулеб бугин кколаан. Чиякъавин кканиги, МухIамад чиякъавги вукIун гьечIевха. Гьеб дида бихьана, гьесул жаназа росулъе бачIараб къоялъ. Гьанжеги кIочон гьечIо тIанусдерида МухIамад, хасго нахъе хутIараб гьесул гIагарлъиялда. Школалда тIоритIула гьев ракIалде щвезавулел тадбирал.

Щивав шагIирасул букIуна аслияб кечI. Гьеле гьединаб кечIлъун МухIамадилги хутIана доб дие гьитIинай Шумайсатица ахIараб кечI. Лъалароан дида МухIамад, гьев къанагIат гурони вачIунароан росулъе, амма бухьен течIо тIанусдерилгун. РачIунаан гьесул кагътал нижехъе, цIалдохъабазухъе. ЦIалулаан гьесул кучIдул. КIалъалаан гьев гIагарлъиялъухъе. Гьале дица бегулеб буго «Лачен» журнал. Гьенисан дихъ валагьун вуго лъимадул балагьиялъул, гIумруялъухъ урхъараб рокьул цIурал беразул, недегьлъи- хIеренлъиялъул гугьар гьурмада бессарав, дагьабго пашманаб гьимиялъул куназ угьарал накъищаз сипат гвангъизабурав лъималазул шагIир МухIамад Гъазиев.

МухIамадил асаразул темабазул цояблъун ккола эбел. Жиндие гIоло гIумру бичарай, къисматалъул сухъмахъаз сваказаюрай магIарулалъул сипаталъ къалъизабун буго шагIирасул шигIрабазул улка:

Эбел, гIела хIалтIарай, къасигун къад чIечIого.

Дун хIалтIила дуй гIоло, мун гIодой йикIа, эбел.

*

ГIака дица бечIчIила, лъадае дун къокъина,

ЦIеда хьаг дица лъела, мун гIодой йикIа, эбел

*

Партал дица чурила,иту дица бахъила,

Дун кIудияй гIун йиго, мун гIодой йикIа, эбел.

Щиб дуй хIажалъаниги, дица тIубазабила.

ГIицIго мун гIодой йикIа, мун гIодой йикIа, эбел.

КъанагIат гурони рукIунаро гIицIго лъималазе хъвалел шагIирзаби. Гьеб захIматаб пиша батизе буго- мунго лъимерлъун хутIизе. Гьединав вукIана лъималазул шагIир МухIамад Гъазиев. ГIемер рахъула гьесул кучIдул «Лачен» журналалда, хъвала гьесул хIакъалъулъ «Гьудуллъи» журналалда, «ХIакъикъат» газеталъул «БурутI» гьумералдасан гIемер гаргадула гьев гIисинал цIалдолелгун.

Дун радал щубги босун, рокъове вачIунаго,

Тохлъукье бачIун, бакъалъ бикъун ана кодоса.

*

Метер рогьалилъ вахъун, къокъина дун нахъеги,

Бакъ кьижун борчIилалде,щубгун рокъове щвела.

*

Дица гьеб бахчун тела к\одол санкIида жаниб.

Биччай, кIолеб батани, балагьизе бакъуца.

Жегиги гIинда рагIулеб буго киналго хIайран гьабулеб, гьитIинай Шумайсатица ахIулеб доб кечI- эбел кьижун йиго…

МухIамад Гъазиев хIалтIун вуго «ХIакъикъат» газеталдаги. Газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас вохха- хинлъун бицуна гьесул гьанжеги. ШагIирасул хIакъалъулъ хъвалеб гьаб гьитIинабго макъала лъугIизе толеб буго талихIалъул цIураб гьаб кечIалдалъун:

Цо къоялъ хъахIаб кагъат хIухьбахъизе бегана,

БачIун хъахIилаб къалам къулана гьелда тIаде.

Гьимана гIурдада тIегь, ахIдана милъиршаби,

Лъедана ччугIбузул тIел гIатIидаб Каспиялда.

*

Бижун бачIана шагьар, хадур- мугIрул, гIодоблъи.

ГIурччинал ахаз цIуна хутIанщинаб сверухълъи.

Гьедин кIудияб улка баччун буго гьодида

ГьададигIан гьитIинаб тетрадалъул тIанчица.

Шамай Хъазанбиева

 

Просмотров: 1249 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz