Автор.Маламух1амадова Заира.Май 2017с.
Дол кьог1ал ва г1асиял К1удияб Ват1анияб рагъул соназги рагъ лъуг1ун хадубги бихьулеб г1акъубаялде рач1инч1ого, к1вах1-свак гьеч1ого х1алт1арал руччабазда гьоркьоб ц1ар рехсезе мустах1икъай г1адан йик1ана жиндир мунагьал чураяй дир к1одоэбел Мусаева Пат1имат. Гьей гьаюна 1910 соналъ Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъ, жаниб хьиндаллъиялдаго ц1ар бугев маххул къебедасул хъизамалда.
Автор.Н.Г1алиева.Май 2017с.
Гьаб соналъул 9 маялда г1умруялъул 100 сон т1убана Хунзахъ росулъа зах1маталъул ветеран, х1албихьи ва лъай ц1ик1к1арай тохтур Хизроева Пат1имат Зайналг1абидовнаялъ. Гьелъ к1удияб бут1а лъуна районалда т1оцересел чанго койкаби гурого гьеч1ел сахлъи ц1униялъул лазаретазда, пунктазда гьенир тохтурзаби г1оларого рук1иналда бан, районалде х1алт1изе рач1арал г1урус миллаталъул вакилзабазда цадахъ районалъул г1адамазул сахлъи ц1униялда.
Автор.Шамай Хъазамбиева.Май 2017с.
Дагьалъ цебегIан росулъе щварай диде дандего екерун ячIана гьитIинай мадугьал Шумайсат: «Шамай ада, дида яслиялда цIияб кечI лъана», -янги абун. АхIилищ цойиланги абун, гьей кечI ахIизе лъугьана.
-Эбел кьижун йиго
Гьей свакан йиго
Дунги ясикIогун ясандиларо
Босиларо машин кодобегицин,
Эбел йорчIизегIан сихIкъотIун чIела
Автор.Ф. МухIамадова, Р. Х1амзатов.Май 2017с.
76 соналъ рик1к1алъана нилъедаса т1олго дунялго жидер лагълъиялде сверизабилин, немцазул миллат ханлъиялъул миллатлъун бук1ине кколилан г1емераб къого бихьич1ого сверухъ ругел улкабиги мут1иг1 гьарун, гитлерилал фашистаз СССРалъул г1орхъи бахараб 1941 соналъул 22 июнь. 1418 сордо-къоялъ х1ехьезе ккана г1емер миллатазулаб советияб халкъалъ вах1шилъиялъул рахъалъ цоги жиндилъе бахараб жеги бук1инч1еб рагъул кьог1лъиги г1асилъиги. Миллионал г1адамазул къурбаналгун, аза-азар рихарал росаби-шагьаразул, завод-фабриказул ч1унтелалги ракьалда тун, 1945 соналъул 9 маялъ т1оцебе жиндир т1ирщ баккараб Берлиналда фашистазул рейхсканцеляриялъул т1охда Бергьенлъиялъул байрахъ ч1ваялдалъун къот1ана гьелъул гъугъай дунялалдаса.