Понедельник, 06.05.2024, 09:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 26 » «МУГ1РУЗУЛ СОН» РАГЬАНА.
09:55
«МУГ1РУЗУЛ СОН» РАГЬАНА.

Марталъул 22 къоялъ культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалда «Муг1рузул сон» рагьиялъул тадбир. Районалъул бет1ер, администрациялъул жавабиял хъулухъчаг1и, росабалъа культураялъул х1алт1ухъаби, интеллигенциялъул ва цогидал г1уц1абазул вакилзабиги г1ахьаллъун аваданго ана гьеб дандерусин райцентралда.

Данделъиги рагьун  баркиялъул к1алъай гьабуна лъуг1изег1ан гьеб нухда бачарай культураялъул отделалъул нухмалъулей Ирайгьанат  Мух1амадовалъ. Дагъистаналда «муг1рузулаблъун» лъазабураб 2016 соналъ республикаялда цере ч1арал ч1ах1иял масъалабазул, гьелдаго гъорлъ районалда гьаризе х1исабалде росарал х1алт1абазул бицараб г1ат1идаб к1алъай гьабуна районалъул нухмалъулев Юсупов Саг1идицаги данделъаразда гьеб  тадбирги баркун.

Умумузул миллияб рет1елгун ругоан гьенире росабалъа рач1арал культураялъул х1алт1ухъаби. Гьелъие г1иллаги умумузул г1адатазул кудбтураялъул централъул х1аракатчаг1азул церерахъиналдалъун баянлъана залалда ругезе. Балагьизе рач1аразда гьез бихьизабуна цебе бертин гьабиялъул сценка. Банкетазул залаздеги ч1ах1иял кафе-рестораназдеги бертаби сверараб гьаб заманалъул г1елалъе рагьараб дарслъун бук1ана цебе маг1арул росулъ киг1ан рес бугеб тухум-кьибилалдаги г1адатго гьабулеб бук1араб бертин. Киг1анха сценаялда рекъон бук1араб миллияб рат1лилъ цереги рахъун, киназулго хъатч1ваялда гъоркь ц1емсадерил вокалияб группаялъ ах1араб г1агараб росдаде гьабураб кеч1. Разиго къабул гьаюна балагьараз гьенисаго М. Магьдиевалъул цееяхъинги. Ц1оросаролъ ч1уч1иналъул гвай бана маг1арухъеги рач1ун хунздерил, бекьеч1дерил ва х1арисезул культураялъул х1аракатчаг1азги. Гьездаса нахъе ккезе ч1еларилан буц1улги к1ахъиялги х1ариселги данделъун, сценаялда оцбаялъул г1адат т1обит1ана лъабабго росдал артистаз. Мущули, Лъаг1илухъ культураялъул х1аракатчаг1иги рахъана сценаялде. Умумузул габанидул квар кьури, лъимер гьабиялъул г1адатал рихьизаруна гьезги.

Росабазул культуралъул х1аракатчаг1азул церерахъиназул  гьоркьоблъиялда балагьарал ч1алг1ун теч1ого куч1дул ах1ана Дагъистаналъул халкъияй артистка Г1айшат Тажудиновалъ, республикаялъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Пат1имат Султ1ановалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Чаран Султ1анбеговас.

Умумузул нек1сияб мах1 гъорлъ бесараб, рак1алде щвезабизеги мисал босизеги пайдаяб жо жиндилъ г1емераб тадбирлъун лъугьана «Муг1рузул сон» рагьи районалда.

Р. Х1амзатов.

Просмотров: 600 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz