Автор.Ф.Мух1амадова.Март 2016с.
24 марталда районалъул г1уц1абазулгун предприятиязул х1алт1ухъабазул жигараб г1ахьаллъигун т1обит1ана киназего г1аммаб субботник. Цебе-цебе райцентралъеги аслиял къват1азеги рац1а-ракъалъи гьабун лъуг1улеб бук1ун батани, гьаб нухалда гьелъул масштаб к1удияб лъугьана: цо къокъа ана Заг1ибехун нух, г1урул мухъ бац1ц1ад гьабизе, цойгидал мусоралъул полигоналде щвезег1ан Илълъа росдал раг1аллъаби, т1аде рач1арал гьалбал суратал рахъизеги х1ухьбахъи гьабизеги унеб плато мусоралдаса бац1ц1ад гьабизе, лъабабилел – аэропорталъул мухъ Т1ануси, Ц1ада, Г1обода бак1аризе, ункъабилел Гьоц1алъ ГЭсалда сверухъ бак1 бац1ц1ад гьабизе. «Рац1ц1алъи иманалъул бащалъи» ян буго х1адис. Рек1елъ иман бук1инч1ебани субботникалда к1вах1 тун х1алт1илароан, жидедаго т1адал хъулухъалъулал ишалги тун, гьелда г1ахьаллъаралщинал. Аллагьас кирилъун хъвайги нужее багъарараб квер, ракьцоял.
|
Автор.П.Гунашева.Март 2016с.
Маг1арулал цоцазда рич1ч1изелъун болмац1алда к1алъалел рук1аниги, щибаб мухъалъул, х1атта цого бак1алда г1емер цоцаздаса рик1к1ад гьеч1ого ругел росабазулцин рук1уна г1иц1го жидедаго хасиятал г1адатал, рук1а-рахъиналъул къаг1идаби, бицунеб мац1алъул свери, хасият. Цо-цо росаби машгьурал руго умумулъанго бач1араб махщел-гьунаралдалъун. Бакьагьеч1и росдае хасиятаб буго бечедаб, пасих1аб, г1ужда щолеб ч1ор г1адаб, бег1ераб к1алзул гьунар. Гьезие гьеб умумулъанго ирсалъе щвараб буго. Бакьагьеч1иса рахъарал поэтазул, хъвадарухъабазул гуребги, творчествоялдехун рокьи, чвахун бач1унеб пасих1аб мац1 хасиятаб буго г1емерисел г1адатиял г1адамазеги. Абула гьенир рук1анин г1адамал абизе бокьараб жо коч1ол мухъаздалъун абулел ва дандисез гьезие жавабги гьединго коч1одалъун кьолел.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Март 2016с.
Марталъул 22 къоялъ культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалда «Муг1рузул сон» рагьиялъул тадбир. Районалъул бет1ер, администрациялъул жавабиял хъулухъчаг1и, росабалъа культураялъул х1алт1ухъаби, интеллигенциялъул ва цогидал г1уц1абазул вакилзабиги г1ахьаллъун аваданго ана гьеб дандерусин райцентралда.
|
Автор.П.Гунашева.Март 2016с.
18 марталъ Авартеатралда цойги нухалъ жиндиеги живги хириял маг1арулазул ва цойгидал миллатазул вакилзабазул рак1ал рохизаруна авар халкъалъул бец1аб сардилъ кунч1араб ц1ваг1адаб гвангъараб махщалил инсан, Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустах1икъав артист, нилъер районалъул ч1ух1и Казиев Х1усен Х1усеновичас.Гьеб сордоялъ Авартеатралда к1одо гьабуна Х1усен Казиевасул к1ийилаб юбилей – гьесул г1умруялъул 70- сон т1убай ва творчествоялъул 50 сон байги. Г1одобе г1еч бортизеяли киб гурин, т1ут1 ч1езе бак1цин бук1инч1о гьеб сордоялъ театралда, киг1анги т1адег1анаб реццалъеги адабалъеги мустах1икъав вук1аниги, ч1ух1а-къули гьеч1ев, г1адатияв маг1арулав к1одо гьавизе рач1арал г1адамазул г1емерлъиялъ. Гьаб залалъул къварилъиго щибан кколеб бук1ана дида рак1алде. Маг1арул мац1 бич1ч1улеб гьеч1ониги, Х1усен Х1усенович вихьизеги раг1изеги цойгидал миллитазул г1адамал рач1иналъги бихьулеб бук1ана г1адатияб халкъалъул бугеб адабалъулаб бербалагьиги рокьиги. Рарал саназги хъулухъ-пишаялъги бижизабуларо г1адатияб халкъалъул лъиде бук1аниги адаб-х1урматги рокьиги.
|
|