Гьал къоязда киса-кибго районалъул школазда г1адин, ясли-ахаздаги унел руго гьел лъуг1ун къват1ире риччалел лъималазул утренникал. Рохалилаб ах1вал-х1алалда ана гьел Хунзахъ № 3 «Ласточка» ясли-ахалда ва лъимал церет1езариялъул «Солнышко» централдаги. Ясли-ах лъуг1ун унел лъималазе гьеб бук1ана рак1алдаса унареблъун, гьезул г1умруялда жаниб к1очонареб лъалк1 толеб т1оцебесеб къват1ире риччаялъул байрамлъун.
Гьабсаг1аталда нилъер киналго ясли-ахазда ч1езарун руго лъимал куцаялъе, гьезие бит1араб тарбиягун лъай кьеялъе, сахлъи ц1униялъе киналго шарт1ал. Гьел хьезарун руго кинабго х1ажатабщиналдалъун, кьолеб буго лъик1аб квен-т1ех.
Педагогаз кинабго гьабулеб буго лъимал г1акъилал, ц1одорал, сахлъи бугел, кинабго рахъалъ церет1ураллъун куцаялъе. К1удияб к1вар кьола лъимал школалде х1адур гьариялдеги.
Лъималаз жидерго церерахъиналда бихьизабуна т1оцебе бабаязда хадур г1одун гурого, лъик1го рилъинецин к1оларел рук1арал лъимал, жилго жидедаго ч1олеллъун лъугьун ругеб куц. Гьез балагьарал пана гьаруна кьурдизе, кеч1 ах1изе, рик1к1ине жидерго бугеб - махщел-гьунар бихьизабун. Гьит1ичаз баркала кьуна ясли-ахалъул х1алт1ухъабазе жидеего гьабунщиналъухъ.
Гьарула киналго лъималазе сахлъи, т1урайги киналго лъималазул анищал, бук1аги гьезул талих1аб г1умру, г1умрудулъ икъбал.
Биччанте нилъер лъималазда кинабниги рагъул кьог1лъи лъангут1изе. Роц1ц1араб зобги, гвангъараб бакъги гьезие.
Н. Г1алиева.
|