Суббота, 27.04.2024, 03:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июнь » 5 » ЛЪИМАЛ Ц1УНИЯЛДЕ АХ1УЛЕБ КЪО.
12:24
ЛЪИМАЛ Ц1УНИЯЛДЕ АХ1УЛЕБ КЪО.

Бат1и-бат1иял кьеразул шариказ берцин гьабураб ва лъималазул релъи-хъуй сверухълъиялдаго т1ибит1араб г1адатияб гуреб ч1аголъи бук1ана  июналъул т1оцебесеб къоялъ Хунзахъ спорткомплексалъул азбаралда.

Халкъазда гьоркьосеб лъимал ц1униялъул къоялъул байрамалде гьенире рач1ун рук1ана жибго райцентралдаса гурелги сверухъ ругелщинал росабалъаго лъимал, гьезул эбел-эмен. Лъималазе г1умруялъ рак1алдаса унаредухъ жидехъа бажарарабщинаб ихтилат-кеп, лъималазе рек1елгъей гьабизе Мах1ачхъалаялдаса ах1ун бач1ун бук1ана «Креатив» группаги.

Лъималазда байрам баркизе рач1ун рук1ана райцентралъул г1уц1абазул нухмалъулел ва т1аде ах1арал х1урматиял гьалбал.

Гьай-гьай, байрамалда аслиял чаг1и рук1ана ихдалил т1угьдулг1адин рет1а-къарал лъимал.

Данделъаразда жиндирго ва Саг1ид Камиловичасул рахъалдасан байрамги баркун, районалъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас абуна:

- Лъамал ккола жамаг1аталъулги, пачалихъалъулги, хъизаналъулги аслияб бечелъи. Жакъа нилъеца рак1алде щвезабулеб буго лъималазул ихтияр ц1униялъе, гьезул г1умру лъик1лъизабиялъе жавабияллъун ч1ах1иял рук1ине кколеблъи. Нилъер районалъ кидаго к1вар кьола лъимал Ват1ан бокьулеллъун куцаялде, гьезда халкъиял г1адатал малъиялде, гьел адаб, ях1-намус бугеллъун рахъинариялде. Нилъеца кинабго гьабизе ккола лъимал талих1аллъун рук1иналъе, гьезул гьурмаздаса рохалил гьими лъуг1ич1ого бук1иналъе.

КЦСПСД-ялъул нухмалъулесул заместитель Г1абдулмаликов Г1абдулмаликицаги баркана киназдаго байрам. Жиндирго к1алъалда гьес абуна:

- «Лъимал – г1умрудул т1угьдул, гьезул бук1ине ккола талих1аб лъимерлъи» абурал раг1аби ц1акъ берцин рихьула дида. Лъималазул талих1 г1емерисеб мехалъ бараб бук1уна улбузда, учительзабазда, тарбиячаг1азда ва медицинаялъул х1алт1ухъабазда. Ахириял соназда пачалихъалъ к1удияб к1вар кьолеб буго лъималазде тарбия кьеялъул рахъалъ улбузул жавабчилъи ц1ик1к1инабиялде, бесдал лъимал хъизамазде, ва лъималазул рукъзабахъе ккезариялде.

 Г1абдулмаликица жиндирго баркиялдаса хадуб лъималазе бицана цойги лъик1аб рохалил хабарги: - Араб соналъ нилъер лъималазе щвеч1о риидалил заманаялъ х1ухьбахъиялъул лагеразде ине. Исана рач1ун руго бат1и-бат1иял лагеразде ч1обого путевкаби, ине бокьарал лъимал рач1ине  бегьула нижехъе жидерго документалги росун, ан абуна гьес.

Байрамалде жидерго кьурдабигун, куч1дулгун махсарабазул х1аялгун цере рахъана Хунзахъ

№ 1 ва № 3, Г1обода ясли-ахазул, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул, Расул  Г1амирхановасул гьит1инал акрабатазул церерахъиназ х1айран гьаруна байрамалде рач1арал.

Гьайгьай гьит1ичазе ц1акъ бокьана гьоболлъухъ бач1араб «Креатив» къукъаялъул церерахъинги. Лъимал гьезда цадахъ кьурдана, куч1дул ах1ана, расандана.

Байрамалъул ахиралда районалъул администрациялъул рахъалдасан киналго лъималазе кьуна къиматал сайгъатал, гьуинлъаби.

Лъималазул аваданаб релъи,гьезул гьурмазда талих1алъул гьими, гьеб бук1ана байрамалъе т1адег1анаб къимат.

Ниж киналго лъималазул улбузул рахъалдасанги к1удияб баркала буго г1олилазул политикаялъул бет1ерай специалист Шамай Мух1амадовнаялъе ва гьединго гьединаб берцинаб, гьайбатаб тадбир лъималазе г1уц1аралщиназе.

У. Къурамух1амадова.

Просмотров: 798 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz