Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2016с.
Экономикияб кризисалъул шарт1азда фермерлъиялъул маг1ишатал, кооперативал г1уц1и, гьел церет1езари ккола, улка лъик1ал квана-гьекъеялъулал ниг1матаздалъун хьезариялъе чара гьеч1ого х1ажатаб ишлъун. Гьединал маг1ишатаз квербакъула улкаялда къойидаса-къойиде дагьлъулел, къалел ругел х1алт1улел бак1ал ц1ик1к1инариялъе, мискинлъиялдаса хвасарлъиялъе, бизнес цебет1езабиялъе.Нилъер районалдаги руго г1езег1ан фермеразулал маг1ишатал, производствалъулал кооперативал. Гьездасан г1емерисел г1иц1го кагътида ругел ратаниги, руго гьезда гьоркьор, цо-цо рук1ине кколел къаг1идаялъ х1алт1улел, церет1уралги.
|
Автор.П.Гунашева.Июнь 2016с.
Инсанасул г1умру-яшавалъе нухал ккола, черхалъе бидурихьал г1адин чара гьеч1ого х1ажатал жал. Аллагьасда жинибги лъинал рачинги, нухал, кьоял гьариги, гьел къач1айги руго кутакалда кири ц1ик1к1арал халт1аби. Рокъове-къват1иве ккеч1ого г1аданги хут1уларелъул, нухал хун, басралъун, к1удиял квек1енал рук1ана ва жеги руго нухазда хьвадулезе. Бук1аниги, ч1аралъуса багъарана нухал къач1аялъул иш. Нухазда гьарурал ва гьаризесел х1алт1абазул дие бицана районалъул нухазул № 39 участкаялъул нухмалъулев Сайгидов Мух1амад Мухтаровичас.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Июнь 2016с.
Бат1и-бат1иял кьеразул шариказ берцин гьабураб ва лъималазул релъи-хъуй сверухълъиялдаго т1ибит1араб г1адатияб гуреб ч1аголъи бук1ана июналъул т1оцебесеб къоялъ Хунзахъ спорткомплексалъул азбаралда.Халкъазда гьоркьосеб лъимал ц1униялъул къоялъул байрамалде гьенире рач1ун рук1ана жибго райцентралдаса гурелги сверухъ ругелщинал росабалъаго лъимал, гьезул эбел-эмен. Лъималазе г1умруялъ рак1алдаса унаредухъ жидехъа бажарарабщинаб ихтилат-кеп, лъималазе рек1елгъей гьабизе Мах1ачхъалаялдаса ах1ун бач1ун бук1ана «Креатив» группаги.Лъималазда байрам баркизе рач1ун рук1ана райцентралъул г1уц1абазул нухмалъулел ва т1аде ах1арал х1урматиял гьалбал.
|
Автор.Р.Атаева,районалъул лъай кьеялъул отделалъул методист.Июнь 2016с.
Гиничукь байбихьул школалъул учительница Абакарова Султану Х1асановна районалъул байбихьул классазул муг1алимзабазда гьоркьой бищунго лъик1аздасан цояйлъун рик1к1уна. Гьелда цере ц1алулел ц1алдохъабазул г1емерисел г1иц1го «ункъилал» ва «щуйилал» къиматазда ц1алула ва лъик1аб тарбия щварал рук1уна. Гьей т1убараб жавабчилъиялда х1алт1ула ц1алдохъабигун. Султануца абула: «Дихъе эбел-инсуца ва жамг1ияталъ божилъи гьабун буго бищунго жидее хирияб, гьезул лъимер – дит1е божилъи гьабун буго нилъер Ват1аналъул бук1инесеб. Дида т1адаб буго лъик1 х1алт1изе, нилъер улкаялъул мустах1икъал г1адамал куцазе».
|
|