Пятница, 26.04.2024, 20:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Февраль » 6 » ЛЪИК1АВ ИНСАНАСУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ.
15:46
ЛЪИК1АВ ИНСАНАСУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ.

Дида Х1ажимурад дандч1варалдаса, гьесулгун дир лъик1аб гьоркьоблъи, гьудул-гьалмагълъи ккаралдаса ва цоцазда гьоболлъи лъазабуралдаса 18 сон ана. Гьеб г1ураб заман буго инсанасул, хасго гьудул-гьалмагъасул т1абиг1ат-г1амал, хасият лъаялъе. Дица дирго к1удияб талих1илан рик1к1уна, 1998 соналда исламияб диналъул 5-абилеб рукну-фарз т1убазе унезул Х1ажимурадица нухмалъи гьабулеб къокъаялда гьоркьове ккей. Гьев исламияб диналъе г1оло, гьелъул киналго къанунал т1уразариялъе ва гьелъие бусурманаб агьлу куцаялъе жиндир т1олабго г1умру сайгъат гьабурав Х1ажимурадица хирияб ракьалде щвезег1анги, гьенибги ва нахъруссут1аги г1емерал, пайдаял дарсал кьуна исламияб диналъул, хасго х1еж борхиялъул рукнабазул рахъалъ. Цох1ого нухмалъи гьаби гуребги гьес ц1ик1к1араб к1вар кьуна щивав х1ажичиясул мурадал т1ураялде, гьезул чорхол ах1вал-х1ал лъазабиялде, сахлъи ц1униялде.

Гьав дица жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулев дир гьобол, лъик1ав муъминчи, гьудул-гьалмагъ ккола нилъер мадугьалихъ бугеб Болъихъ районалъул Кванхидалъ росулъа 1943 соналда гьавурав Гъазимух1амадов Х1ажимурад. Гьесул лъик1аб г1амал-хасияталъул, г1адатлъиялъул, г1адамазда гьоркьоб хьвада-ч1вадиялъул, гьездехун бугеб рух1далаб т1алаб-агъазалъул, киназдаго гьоркьоб г1амал рекъезабизе, цоцадехун гьуинлъиялда, гьудлу-гьалмагълъиялда, вацлъиялда рук1ине, малъа-хъваял, ваг1за-насих1атал гьариялъе бугеб гьунаралъул гьаниб рехсон х1ал к1веларо.

Х1ажимурадилъ гьит1инаб къоялдасанго бижана г1уц1арухъанлъиялъе, хъулухъ-ишалда жавабчилъиялъе, нухмалъиялъе гьунар, махщел, бажари. Чанго нухалъ т1ат1алаго росдал жамаг1аталъ гьев вищана жидерго бегавуллъун. Рак1алда буго, ниж Х1ежалда рук1аго, Х1ажимурадихъе телефоналъ гьудул-гьалмагъзабаз, мун нижеца гьабнухалъги бегавуллъун вищанилан роххел бицараблъи (гьебги живгоги х1ежалда вук1аго). Гьеб киналъго нуг1лъи гьабула Х1ажимурад лъик1ав нухмалъулев, г1уц1арухъан, пачалихъалъул законалдасаги кьуруларев, исламияб диналъул къануназеги мут1иг1ав, рак1бац1ц1адав, т1екълъи-мекълъи биччаларев, жиндир кинабго жамаг1аталъ адаб-хъатир гьабулев чи вук1ин. Чанц1улго вищун вук1ана райисполкомалъул ва росдал советалъул депутатлъун. Руго гьесул гьел ва цогидал т1адехунисел идарабаз гьев к1одо гьавун кьурал баркалаялъул кагъталги, цогидалги шапакъатал.

Гьаб дирго т1адехун рехсараб Х1ажимурадие кьураб къиматалда цадахъго бокьун буго, г1адатияв инсанасул кинаб бугониги жиндир гьунаралдаса, бажариялдаса ч1ух1а-къули, рецц-бакъ бокьи, жиндир рахъалъ «рорхатал, гьаваялъулал» раг1аби аби рихарав, гьелдаса рик1к1ад ч1олев чи вук1ин. Кинабго гьес рик1к1уна Т1адег1анав Аллагьасул х1укму-хъвайлъун. Х1ажимурадицаги гьесул лъади Хадижатицаги г1езаруна исламияб диналда рекъон хьвадулел, жидедаго релълъарал лъималги. Киназго борхана х1еж. (Х1ажимурадицаги Хадижатицаги чанго нухалъ). Абизе бегьула Х1ажимурадил исламияб диналъул хъизан цогидазе мисалияб бугилан.

Гьанже дие аслияб к1вар кьезе бокьун буго Х1ажимурадил адабияталъул рахъалъ пагьму-гьунаралдеги. Куч1дул-назмаби хъвазе гьес байбихьун буго жеги школалъул г1умруялда вук1аго. Дида цебе буго гьес дие сайгъат гьабураб, 2013 соналда басмаялде бахъараб, гьесул «Г1умрудул нухда» абураб, 400-г1ан гьумер бугеб, 6-го бут1аялдаса г1уц1араб 259-г1анасел куч1дузул-назмабазул мажмуг1.

Мажмуг1алъул ц1аралъго бицунеб буго авторас гьенир данде росарал киналго назмаби г1умруялъул нухда данд ч1валел лъик1алги, квешалги рахъазул, инсанасул г1умру гьабиялда кколел ругел г1унгут1абазул, рит1ухълъи, рак1бац1ц1алъи, гьудул-гьалмагълъи ц1униялде ах1арал, хасго ц1ик1к1араб бак1 кколеб буго исламияб диналда г1адамал, г1олеб г1ел куцаялда хурхарал назмабаз. Дида рак1алде ккола «Г1умрудул нухда» мажмуг1алда рахъарал Х1ажимурадил куч1дуз г1емерал кант1изарилаанилан, инсан лъик1аб хасият-г1амалалда куцаялъе ц1ик1к1араб асарги гьабилаанилан. Мажмуг1алда хасаб бак1 кколеб буго нилъер районалъул росабазде, гьелъул   г1адамазде, хундерил т1алъиялдеги гьелъул т1абиг1аталдеги шаг1ирасул бугеб лъик1аб къимат кьураб бербалагьиги рокьиги.  Гьаниб гъоркьехун кьолеб бугеб «Хундерил ханлъи» абураб, авторас гьанжег1агар хъвараб назмуялъги нуг1лъи гьабулеб буго, нилъер районалъул тарихалъеги, гьелъулъ хадусеб г1елалъе лъик1ал лъалк1ал тарал бах1арзазул рахъалъ кьолеб бугеб т1адег1анаб къиматалъеги. Г1емерисел гьесул куч1дул сайгъат гьарурал руго лъик1ал, иман-иях1 чорхолъ бугел г1адамал реццун, г1ураб росу-ракь, Ват1ан бокьиялде, инсан исламияб диналъул т1алабазда рекъон куцаялде к1вар кьурал. Т1адег1анав Аллагьас гьесие кьун буго адабияталъул нухда лъик1аб пагьму, гьунар ва махщел. Гьесул куч1дуз г1адамал ах1улел руго рекъел ц1униялде, вацлъи, гьудул-гьалмагълъи щула гьабиялде.

Къокъго абуни, инсан рит1ухъаб куцалда куцаялде. Гьединав вуго Шамилил заманалдаго машгьураб т1аг1амаб ва даруяб г1урул салул ц1ам  гьабулел  устарзабазул  Кванхидалъ росулъа дир диналъул  вац Гъазимух1амадов Х1ажимурад.

Ахиралдаги гьаризе бокьун буго Х1ажимурадие, гьесул хъизан-агьлуялъе щулияб сахлъиялъул сахаватал г1емерал сонал, рокъоб талих1-рохел, аваданаб бук1инесеб, адабияталъул  нухда гьесие жеги т1адег1анал х1асилал, ц1алдолезе пайдаялъе ц1и-ц1иял назмаби хъвазе гьунар ва Бет1ергьанасул квербакъи. Амин.

Хъунзахъ Гьиматил вас Мух1амадрасул

Сураталда: квег1иса Х1ажимурад.

 

Хундерил т1алъи

Маг1арул халкъалъул ханзабазул ракь

Хунзахъ т1алъиялъул т1ок1лъи бук1араб,

Ват1ан бокьиялъул щулалъи гьезул,

Щулиял рак1азул бах1арзал рижи.

Х1ажимурад лъалев Шамилил наиб,

Шималияб Кавказ  ц1унун вагъарав.

Гъалбац1азул бодуй цевехъанлъи гьес

Хъарчигъалъун реч1ч1ун гьабураб гьунар.

Гьесул бах1арчилъи, чабхъенал гьари

Чанги данде ч1арал  г1ужийги росун.

Реч1ч1араб гуллица тушбаби гъури.

Тамашаяб гьунар гьесулъ бук1араб.

К1удияб г1елмудул х1икматав  г1алим,

Х1амзат имам гурищ х1инкъи лъаларев.

Ч1валин-телин абун х1инкъи кьуниги,

Теч1еб гьес имамлъи хирияб къоялъ.

Ахъбердил Мух1амад, ях1 бугев лачен,

Чачаналъ зиярат рагьараб гьесий.

Хунзахъ къот1ноб ц1арлъун вижараб росулъ

К1одоги гьавурав Шамилил наиб.

Инкъилаб бахъулелълъ тулпар – цевехъан,

Атаев Муслимил бергьараб гьунар.

Къвак1араб рак1алъул багьадур вук1ин,

Бихьараб халкъалда къват1ив вахъиндал.

Къвариг1араб х1ажат т1убалеб ханлъи,

Хундерил болмац1алъ бицунеб раг1и.

Маг1арул халкъалъул г1аммаб мац1лъидал,

Г1адамазул мурад т1убан к1алъалеб.

Г1араб г1елмуялъул кьуч1аб шаг1ирлъи,

Бакьайч1иса Ч1анк1ал ч1агояб шиг1ру.

Ц1ализе хут1араб хундерил накъищ,

Хазиналъун бугеб ц1одораб калам.

Ц1адаса Х1амзатил х1аракатчилъи,

Х1акъаб г1елмуялъул г1акъиллъи щвараб.

Вах1шилъиги какун, рит1ухълъи беццун,

Канлъигун лъаялде уммат ах1араб.

Расулилги сипат инсулго г1адаб,

Г1адамазул рек1ей асар гьабулеб.

Ирсалъе цебехун кьолеб хазина,

Ханлъиги г1елмуги г1амал рекъараб.

Х1ажимурад Гъазимух1амадов

Болъихъ район, Кванхидалъ росу.

 

 

 

Просмотров: 952 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz