Суббота, 27.04.2024, 05:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Февраль » 22 » ЛЪАЙ Г1АКЪЛУЯЛЪУЛ КЪУВАТ.
12:31
ЛЪАЙ Г1АКЪЛУЯЛЪУЛ КЪУВАТ.

Нилъер г1адат буго байрамалдаса байрамалде гурого тарихиял къоялги, таварихги рак1алде щвезабич1ого толел. Бокьарас гьеб г1акълудал ц1убайлъун, бокьич1они пикру гьеч1еб ишлъун тезе бегьула. Х1исаб гьабеха, жакъа нилъее г1оло г1ет1ги, биги г1одобе т1урал, г1акъуба-къварилъи, ракъи-къечги х1ехьарал, нилъер бук1инеселъе г1оло рух1ги кьун кьалул майданалда хут1арал рагъул г1ахьалчаг1и, 23 февралалъги, 9 маялъги гурого рак1алде щвезарулел гьеч1они, нилъ щал чаг1и кколебали. Гьарулищха нилъеца гьел рак1алде щвезе? Гьаруларо.

Жакъа дуда хъвазе ц1ализе малъарал, г1умрудул бух1и-ц1оройги лъазе гьабурал, хьвада-ч1вадизеги, маданият, адабият щиб жоялиги бич1ч1изе гьабурал учительзабазул байрам къо кида бугебали лъалел чаг1и нилъеда гьоркьор г1емер ратиларо. Чан чиясха данде ккедал жиндиего лъай кьурай т1оцеесей учительницаялъе рак1-рак1алъулаб баркала кьун батилеб? Лъалищха нилъеда, 21 февраль рахьдал мац1алъул къо бук1ин, 6 июнь г1урус мац1алъул къо бук1ин, 5-октябрь учителасул къо бук1ин, 8 февраль-Россиялъул г1елмуялъул къо бук1ин? Ц1ик1к1унисезда лъалеб батила 1-сентябрь-лъаялъул къо бук1ин. Х1исаб гьабидал бихьулеб буго, нилъ г1емерисел к1вар гьеч1еллъун, живго гурони аск1ов вугев чи вокьулареллъун, жах1да-х1усуд ц1ик1к1араллъун, буголъи, бечелъи гурого, бат1ияб жо бокьулареллъун, сундулниги ургъел гьеч1еллъун лъугьун рук1ин. Гьеб нужеца рик1к1унищ дурго батаниги, чияр батаниги г1акълу бук1инлъун?

Инсанасе г1акълу г1иц1го рарал соназ гуро кьолеб. Г1акълу г1адамасул я бук1уна, я бук1унаро. Берцинлъи пагьму-гьунарго г1адин гьебги буго Аллагьасул сайигъат. Г1умруялъ кьола х1албихьи, лъай, ц1одорлъи. Инсанасда жиндаго бараб буго жиндирго лъаялъул даража. Инсанасе лъаялъ кьола кинабго. Гьелъ инсан гьавула культура бугевлъун, вук1а-вахъине лъалевлъун, г1адамазда гьоркьов адаб бугевлъун, г1адамазе х1ажатавлъун. Гьедин бук1ине ккани, бищунго цебе лъазе ккола щиб кида ва кин ц1алилебали. Дунялалъулго, г1урусазул ва нилъер миллияб культураялъул кьуч1алда щвараб лъаялъ гъваридал кьалбал риччала нилъер рак1азулъе, лъик1аб лъай щварав, г1емер т1ахьал ц1аларав инсан живго жиндаго рак1ч1аравлъун вук1уна. Гьесухъа бажарула бокьараб бак1алда бицунеб харбилъ г1ахьаллъи гьабизе. Лъай буго бищунго къуватаб ярагъ, гьелдалъун инсанасда к1ола бокьарав тушман къезавизе.

Рагъал байбихьула ва лъуг1ула, амма бергьуна г1иц1го рагъул къаг1идаби лъалел, амма квешлъиялдаги лъик1лъиялдаги, сурукълъиялдаги берцинлъиялдаги, сахаватлъиялдаги цциналдаги гьоркьоб бугеб къеркьей абадиялъ лъуг1уларо дунялалдаса. Гьеб къец лъуг1изе ккани къвариг1уна лъик1аб лъайги, живго вит1арав вук1иналда рак1ч1ейги.

Лъаялъул буго цоги рахъ-щакдари. Инсан г1емер жо лъанаг1ан г1емер щакдарула-элъ г1адан вачуна жиндаго т1ад х1алт1изе, гьелъ кумек гьабула инсанасе рит1ухълъи балагьизе. Жиндирго пикрабазул рит1ухълъиялда щаклъарав чи эзухъ г1емер бат1и-бат1ияб рахъалдасан валагьула, чанц1улго рорцуна. Т1оцебе кенч1олеб бугилан ккараб жо, цогидаб рахъалъ балагьидал кунч1и сун батула. Гьеб мехалъги г1адамасе кумекалъе батула жеги т1аде щвараб лъай. Лъай бугев чи лъугьуна иш бажарулевлъун. Гьабулеб иш бажари ккола сундулго кьуч1. Лъай бугев чиясда дандч1вай, цадахъ х1алт1изе ккей, гьеб ккола к1удияб талих1 инсанасул. Бат1и-бат1иял берцинал ганч1азда гьоркьор, къиматал ганч1ал рик1к1адасанго рат1а рахъизе лъалелго г1адин, г1адамазул руккелалда гьоркьор ругониги, рик1к1адасанго ват1а вахъизе лъала лъай бугев чиги. Нилъеда лъавухъе бак1алъ инсан гурев, инсанас бак1 ч1ух1изабула. Лъай гьеб ккола ц1огьорас бикъулареб, хъачагъас бахъулареб хазина. Гьелъул х1акъалъулъ англиялъул философ Честерфилдица абуна: «Лъай гьеб нилъее херлъараб мехалъ гьеч1ого г1олареб жанах1 бугилан, нилъеца г1олохъанаб мехалъ гъвет1 ч1еч1они, херлъидал нилъер бет1ер гъоркье бегьизе раг1ад бук1унарилан».

Гьаб макъалаялда халатаб цебераг1иги, рачарал чанго мисалазулги маг1на ккола дун кутакав ц1аларав, г1елму-лъай бугев чи вугилан вихьизави гуреб, нилъеда нилъго унеб бак1 лъай, жакъасеб г1олеб г1елалъ нилъеца гьарурал гъалат1ал такрар гьарич1ого тей, цо къоялъ рак1алде щвезеги гьарун, нилъее г1умру кьурай эбелалъул, нилъер бук1инеселъе г1оло рух1 кьурал рагъул г1ахьалчаг1азул, нилъее дарсал кьун гурел ц1ик1к1ун лъай кьурал учительзаби даим к1оченч1ого рук1ин. Бачинин диего гьабсаг1ат г1агар бугеб лъай кьеялъул бут1аялда бугеб ах1вал-х1ал.

Жакъа къанаг1атги чи ватиларо учитель щив чи кколевали, гьеб раг1ул маг1на лъаларев, гьес дарс кьеч1ев, хъвазе-ц1ализе малъич1ев, хьвада-ч1вадиялъул малъа-хъваял гьарич1ев.

Х1акъикъаталдаги щивав ц1алдохъанасул рек1елъ гьев вуго ч1ух1и, мисал, ай г1олилазул г1умру, бук1инесеб бараб бугин учителасдайин  абуни дун мекъи ккеларилан ккола. Учителас ц1алдохъан ах1ула Ват1ан бокьизеги, ях-намус ц1унизеги, лъик1 ц1ализеги, эбел-инсул, к1удиязул адаб-хъатир гьабизеги. Гьелъухъ киналго налъулал руго учителасда цере.

Амма жакъа кинаб къадру къиматалдаха ругел нилъ ч1ух1изе кколел учительзаби?

Абизе бегьула нилъеда рак1алде ккарабг1ан лъик1 гьел гьеч1илан. Щайин абуни, нужеда г1емер вихьанищ ресалда вугев, сундениги х1ажалъи ккеч1ев, кинабго жоялдалъун къват1исел пачалихъазда г1адин хьезавурав учитель? Бит1араб бицанани дида вихьич1о. Россиялда бокьарав махщалилав вихьизе бегьула  пачалихъалъ бокьарабг1ан харжги ч1езабун иномаркабазда, х1атта катераздаги, самолетаздаги рек1ун дунял раг1алда ругел  ч1инк1иллъабазда х1ухьбахъи  гьабун тира-сверулев, амма учитель жиндиего щвараб 5-10 азарго  «ц1улал» гъурущги кодоб ккун, кидадай хадусеб моц1алъул харж щвелаян валагьун ч1ун вук1уна сабурго, нагагь сабур гьабич1они  оптимизациялде гьоркьове ккезеги бегьулелъулха.

Бит1араб буго, жакъа руго учительзаби гьаб заманалда рекъон х1алт1изе лъани, премиялги, гранталги щолел, цодагьал г1урччинал шагьаби росун ине кколеб бак1 лъани, мустах1икъалилан ц1аралги кьун Г1акаро маг1арде рахине гьарулелги. Руго киг1ан г1акъуба-къварилъи бихьун рак1 бац1адго х1алт1аниги т1ад вугев х1акимасе гьимизе лъач1илан абун кидаго г1адатияв учительлъун хут1аравги. Кин бук1аниги дица рик1к1уна нилъер улкаялда халкъалъе лъай кьеялъул иш т1асанго бича-бихъан тун, квеш бугилан. Щайилан абуни, жакъа учителасул махщалие бук1ине кколеб къаг1идаялъ къимат кьолеб гьеч1они, нилъ хут1изе руго цебего капиталистазда ч1алг1ун тарал ЕГЭ-ялги, ГИА-ялги кьолел, лъимер гьабуралдаса хвезег1ан цо хасал чукъбузе г1арац бикьулел. Яслиялде лъимер босаралъухъ г1арац, ц1ализе лъуралъухъ г1арац, ц1алулаго щибаб  зачеталъухъ  г1арац, экземеназухъ г1арац, г1абдаласул г1акъил вахъинавуралъухъ г1арац, ай лъелъ килищ  багъараралъухъги г1арац кьолел. Цебе, советияб улкаялда учителасул дагьабниги къадру-къимат ассалда бугеб заманаялъ, доб г1елалъе кутакалда вокьулев вук1арав Ильичица лъазабун бук1ана.

Нилъер Советиял пачалихъалда вугев учитель киданиги жив капиталистияб пачалихъалъул учитель вахинч1еб борхалъиялде вахинавизе вугилан. Жакъа нужедаго бихьулеб батилаха кинаб борхалъиялде учитель вахун вугевали. Дица г1емер мисал бачинаро, г1ела бич1и бугев чиясе.

Нужеда киназдаго лъалеб батила, нилъер пачалихъалъ росулъ вугев учителасул х1алт1уе къимат кьун, гьезие кумек гьабизелъун, гьел дагьалниги роххизаризе, бух1араб т1урччи ц1улалъухъ гьединго токалъухъ цо къадар г1арцул яги т1урччи ц1ул кьолаан. Гьанжейин абуни: учительзабиги, врачалги ц1акъ роххулел ругилан абун, гьезие гьебги хвезабун, моц1рое азарго гъурущ кьолеб буго. Гьелъги бицунеб буго кинаб т1алаб-агъаз учителасул пачалихъалъ гьабулеб бугебали ва кинаб даражаялда т1олабго улкаялда лъай кьеялъул бут1а бугебали.

Палх1асил, жакъа дидаги, г1адатияв учителасдаги бит1изабун бажарулеб бак1алда гьеч1о пачалихъалъул иш,  бажарулеб ругьунаб х1алт1иги гьабун, цоцазда т1аде щолел праздникалги баркун, берцинго бук1инеселде хьулгун х1алт1улел  рук1ани гурого.

Васалам ва калам  ва Г1абдусалам.

ГЪ. Къурамух1амадов.

 

 

Просмотров: 685 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz