Автор.Гъ.Къурамух1амадов.Февраль 2016с.
Нилъер г1адат буго байрамалдаса байрамалде гурого тарихиял къоялги, таварихги рак1алде щвезабич1ого толел. Бокьарас гьеб г1акълудал ц1убайлъун, бокьич1они пикру гьеч1еб ишлъун тезе бегьула. Х1исаб гьабеха, жакъа нилъее г1оло г1ет1ги, биги г1одобе т1урал, г1акъуба-къварилъи, ракъи-къечги х1ехьарал, нилъер бук1инеселъе г1оло рух1ги кьун кьалул майданалда хут1арал рагъул г1ахьалчаг1и, 23 февралалъги, 9 маялъги гурого рак1алде щвезарулел гьеч1они, нилъ щал чаг1и кколебали. Гьарулищха нилъеца гьел рак1алде щвезе? Гьаруларо.Жакъа дуда хъвазе ц1ализе малъарал, г1умрудул бух1и-ц1оройги лъазе гьабурал, хьвада-ч1вадизеги, маданият, адабият щиб жоялиги бич1ч1изе гьабурал учительзабазул байрам къо кида бугебали лъалел чаг1и нилъеда гьоркьор г1емер ратиларо. Чан чиясха данде ккедал жиндиего лъай кьурай т1оцеесей учительницаялъе рак1-рак1алъулаб баркала кьун батилеб? Лъалищха нилъеда, 21 февраль рахьдал мац1алъул къо бук1ин, 6 июнь г1урус мац1алъул къо бук1ин, 5-октябрь учителасул къо бук1ин, 8 февраль-Россиялъул г1елмуялъул къо бук1ин? Ц1ик1к1унисезда лъалеб батила 1-сентябрь-лъаялъул къо бук1ин. Х1исаб гьабидал бихьулеб буго, нилъ г1емерисел к1вар гьеч1еллъун, живго гурони аск1ов вугев чи вокьулареллъун, жах1да-х1усуд ц1ик1к1араллъун, буголъи, бечелъи гурого, бат1ияб жо бокьулареллъун, сундулниги ургъел гьеч1еллъун лъугьун рук1ин. Гьеб нужеца рик1к1унищ дурго батаниги, чияр батаниги г1акълу бук1инлъун?
|
Автор.Н.Г1алиева.Февраль 2016с.
«Даруялде черх ккогеги, чияр ц1обалде рукъ ккогеги»- ян абураб умумузул кициялъул маг1на дида т1убанго бич1ч1ана, дагьал церег1ан къояз Хунзахъ г1умру гьабун ругел Заг1иса Мух1амадова Пат1имат Х1амзатовнаялъул дое щвараб мехалда. Дида бицана гьей г1аданалъ жиндихъего рачун хьихьун бугеб хъизаналъул х1акъалъулъ.
|
Гьал къоязда нилъер районалда т1орит1ана ц1ер ч1варал лъел чвахияздасан хариялъул рахъалъ республикаялъул къецал. Гьел ккола, исана Дагъистаналда лъазабун бугеб муг1рузул соналда хурхун т1орит1улел тадбиразул цояб. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна лъебергог1ан спортсменас.Г1ахьаллъаразда гьоркьор рук1ана г1адамал хвасар гьарулезул студентаздасан г1уц1араб отрядазул – ДГПУялъул, ДГУялъул, ДагГАУялъул, Россоюзспасалъул, «Наследники» клубалъул, Хунзахъ районалъул , МУСалъул, Каспийск шагьаралдаса к1иго дружинаялъул ва цогидалги командаби.
|
Автор.У.Къурамух1амадов.Февраль 2016с.
Аза-азар чиясул рек1елъ к1очонареб лъалк1ги тун тарихалде ана Советиял аскараз Афгъанистаналда гьабураб интернационналияб рагъ. Ичго соналъгун цо моц1гун бащадалъ халат бахъараб рагъулъ г1ахьаллъарал 600 азаргог1анасел Советиял рагъухъабазда гьоркьов вук1ана лъабазарго дагъистаниявги. Гьезда гьоркьоса 140 ракьцояс г1умру кьуна Афгъанистаналъул халкъалъул эркенлъи ц1унулаго.Гьеб рагъулъ бищун хирияб г1умру кьуна нилъер ракьцояв Т1анусиса Г1алиханов Шамилицаги. Х1ажатго гьеч1ел камиялгун, чанги эбелалъул рак1 судигун халатбахъараб гьеб тунка-г1уси къот1изе таралдаса 27 сон сверана. Амма киданиги к1оченаро гьениб нилъер г1олохъабаз бихьизабураб бах1арчилъиги, къох1ехьейги. Гьезул багьадурлъиги, бихьинчилъиги, бах1арчилъиги Ват1аналде рокьи куцаялъул мисаллъун хут1ила хадусел г1елазе.
|
|