Пятница, 26.04.2024, 21:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 11 » КЛАССИК РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУНА.
14:07
КЛАССИК РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУНА.

Хунзахъ ккола республикаялдагун улкаялдаго, х1атта, т1олабго дунялалда ц1ар раг1арал, машгьурал поэталгун хъвадарухъаби рахъараб район. Гьез к1удияб рух1иябгун маданияб ирс тана нилъее. Исана 150 сон т1убала маг1арулазул адабияталъе кьуч1 лъурал классиказул цояв Бакьагьеч1иса Ч1анк1а (Тажудин) гьавуралдаса. К1одо гьабулеб буго республикаялъулаб даражаялда, т1орит1улел руго г1емерал тадбирал. Гьединаздасан цояблъун бук1ана 8 декабралда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1араб дандеруссинги.

Гьелда г1ахьаллъи гьабуна республикаялъул хъвадарухъабазул союзалъул вакилзабаз, жамг1иял х1аракатчаг1аз, районалъул нухмалъиялъ ва цогидабги интеллигенциялъ.

Культураялъул рукъалъул жанах1алъуб г1уц1ун бук1ана умумузул квен-т1ехалъул ва т1аг1ел-алатазул выставка, бокьаразе рес бук1ана кванил х1албихьизеги.

Дандеруссин байбихьана Ч1анк1ал х1акъалъулъ бахъараб видеоролик бихьизабиялдасан. Тадбир рагьана ва ахиралде щвезег1ан берцинго нухда бачана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул 11 классалъул ц1алдохъан Шаг1банова Шамсиятица. Гьалбадерие саламги кьун, Ч1анк1ал х1акъалъулъ бицараб к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас: «Нилъер район кидаго машгьураб бук1ана шаг1ирзабаздалъун. Гьел киназго нилъее нахъе тана бечедаб рух1ияб ирс. Щибха абизе бегьулеб Ч1анк1ал х1акъалъулъ. Гьев вук1ана кутакалда пагьму-гьунар бугев шаг1ир ва г1алимчи, гьелъие нуг1лъи гьабула жакъаг1адинал шарт1алги гьеч1еб доб зах1мат заманалда гьединал гъваридаб маг1наялъул асарал хъваялъги. Жакъа, чара гьеч1ого х1ажат буго г1ун бач1унеб г1елалда гьединал нилъер росу-ракь машгьур гьабуразул г1адамазул бицине, гьезда кинал умумул жидерго рук1аралали к1очон теч1ого бук1ине. Баркала буго гьаб тадбир г1уц1арал бекьеч1дерил росдал жамаг1аталъе, администрациялъул культураялъул отделалъе ва т1аде рач1арал гьалбадерие»,-ян абуна Саг1ид Камиловичас.

Дица рик1к1уна Ч1анк1а авар адабияталъе кьуч1 лъурав поэт кколилан. Дида ккола Ч1анк1ал талих1 гьеч1олъи кканин гьесул тухумалда рес бугев чи вук1инч1олъи. Гьединав чияс т1алаб-агъаз гьабилаан жеги нилъехъе щвеч1ел Ч1анк1ал г1емерал асаразул. Заман арбг1ан инсан к1очона, амма ях1-намусги ц1арги бугев чи к1очонаро. Гьединал хасиятал чорхолъ ругевлъун вук1ана Ч1анк1аги. Живго Хъах1абросулъа Мах1мудица абуна гьев жиндир муг1алим кколилан. Баркала буго нужееги жакъа гьев к1удияв шаг1ир к1очон теч1ого, гьадинаб тадбир г1уц1аралъухъ, -ан абуна Ч1анк1ал творчествоялъ авар адабияталда кколеб бак1алъул бицун гьабураб жиндирго к1алъаялда Авартеатралъул директор Мух1амадрасул Мух1амадрасуловас. К1алъаялдаса хадуб Мух1амадрасул Мух1амадрасуловас Саг1ид Юсуповасе ва Ч1анк1алгун Ц1адаса Х1амзатил музеязе сайгъат гьаруна Авартеатралъ 80 сон баялда хурхун къват1ире риччарал театралъул тарихалъул бицунел т1ахьалги.

Ч1анк1ал творчествоялъул хаслъиялъул бицарав г1алимчи Шамил Мух1идиновас абуна: «Ч1анк1а ккола киналго машгьурал шаг1ирзабазда гьоркьоса бищунго раг1а-ракьанде щун лъазавич1ев поэт, щайгурелъул, гьес жинцагоги бук1ине кколеб къимат гьабулеб бук1инч1о жиндирго бугеб гьунаралъул. Тажудин вук1ана х1акъикъияв бусурманчилъун ва гьесул г1емерисел пикрабиги рук1ана ахираталда хурхарал. Амма, гьелдаго цадахъ гьесул гьунар бук1ана маг1арул мац1алда бац1ц1адаб рокьул асар халкъалъухъе щвезабизеги. Гьесул асаразулъ ратизе рес гьеч1о дагьабниги намусалда хъинт1улел яги диналда данде кколарел раг1аби. Г1емерисел рокьул куч1дул гьес гьарун рук1ана пуланай г1аданалде кеч1 гьабеян рач1арал рокьи ккарал г1олохъабазул гьариялда рекъон. Ч1анк1а ккола изну ц1ехеч1ого халкъалъул рек1елъе лъугьарав шаг1ир. Гьесул поэзиялда г1емер руго жакъасел г1олилаз дарсал росизе бегьулел, бац1ц1адаб рокьи ва ях1-намус ц1унизе ах1улел куч1дул»,-ян.

Ч1анк1ал творчествоялъул камиллъиялдеги т1адег1анлъиялдеги к1вар буссарал рук1ана республикаялъул хъвадарухъабазул союзалъул членал Тубх1ат Зургьаловалъул, Асх1абали Х1асановасул ва цогидазулги к1алъаял. Тадбир берцин гьабун бук1ана к1алъаязда гьоркьор коч1олал сайигъаталгун цере рахъунел культураялъул рукъалъул х1аракатчаг1азги. Ахиралда баркалаялъулаб к1алъай гьабуна Ч1анк1ал наслуялъул г1адан, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор Пат1имат Х1амзатовалъ. Тадбиралдаса хадуб киналго ана Бакьагьеч1ире Ч1анк1ал рукъ-музеялде щвезеги.

И. Мух1амадов. 

Просмотров: 467 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz