Автор.Шамай Хъазамбиева.Декабрь 2016с.
Маг1арул кеч1-бакъан. Гьелъулъ бугебщинаб берцинлъи, г1ажаибаб гугьаралъ гьелда бик1ун бугебщинаб х1икматаб накъищ! Х1айранаб бакъаналда ах1улеб х1асратаб маг1арул коч1олъ рессун руго рац1ц1адал, ц1орорал иццазул чилиги, сог1ал муг1рузул т1абиг1атги, муг1рулг1ан т1адег1анал, кьварараб г1амал-хасияталъул рокьулел маг1арулазул сипаталги. Гьелъухъ гьоболлъи бала г1олохъанлъиялъул талих1ал лах1затазухъе т1адруссине бокьарал бот1рол рас хъах1лъарал харабазги, гьанжего гьанже г1ищкъул асирлъуде ккарал г1олилазги, маг1аруллъиялъухъ рокьи ккаразги. Унго-унгояб маг1арул коч1оца бит1ахъего гъаргъар базабула т1олабго черхалда.
|
Гьанже г1агар Санкт-Петербургалда т1обит1араб «Бук1инеселъул школа» абурав Т1олгороссиялъул лъай кьеялъулаб форумалда гьанжесеб лъай кьеялъул суалаздасан ва церет1еяздасан чанго бат1иял номинациязда т1обит1араб конкурсалда, школазда ц1али бачунелъул ц1и-ц1иял, лъик1аздаса лъик1ал технологиял х1алт1изаризе ккеялъул х1акъалъулъ номинациялда бихьулеб бут1аги лъун, нижер Т1ануси гьоркьохъеб школа бач1ана Россиялъулго бищун лъик1ал 100 школазда гьоркьобе. Гьеб бахъана конкурсалъул лауреатлъун ва щвана дипломгун цадахъ меседил медаль.
|
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2016с.
2001 соналъул декабралда Чачаназул Урус-Мартановский районалъул комендант, генерал Х1ажиев Х1айдархан нилъедаса ват1алъанин абураб хабар хехго т1обит1ана улкаялдаго. Гьениб иргадулаб данделъиги т1обит1ун къват1иве вач1унев вук1арав Х1айдарханиде аск1ое яч1уна ч1ужуг1адан-террористка ва жийго кьвагьула, Х1айдархан Х1ажиев г1емерал ч1иралабазул ругъналги щун, Моздокалъул госпиталалда хола. 2002 соналъул 25 январалда гьесие кьуна Россиялъул Федерациялъул Бах1арчиясул т1адег1анаб ц1ар.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Декабрь 2016с.
Къисматалъ г1емерал лъик1ал, г1ажаибал г1адамалгун дандч1ваял сайгъат гьаруна дие г1умруялда. Йохарай йиго, гьединазул х1акъалъулъ нужедаги бицине, Аллагьас дие мухбиралъул х1алт1и сайгъат гьабиялдасаги.
|
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2016с.
5 декабралда 84 сон т1убалаан нилъер ракьцояй, машгьурай жамг1ияй ва политикияй х1аракатч1ужу, гвангъарай халкъияй поэтесса, публицист Фазу Х1амзатовна Г1алиевалъ.Исана т1оцебесеб нухалда к1одо гьабулеб буго гьей гьаюраб къо, жийго Фазуги г1ахьаллъич1ого.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Декабрь 2016с.
Нилъер гьайбатаб ракь раг1араб буго унго-унгояб берцинаб т1абиг1аталъул рорхатал муг1руздалъунги, г1ат1идал лъараздалъунги гуребги, ц1ар раг1арал шаг1ирзабаздалъунги. Гьезда гьоркьой йиго дунялалда ц1ар раг1арай, жиндир поэзия хвел гьеч1еб реццалъеги, ц1аралъеги мустах1икълъарай Дагъистаналъул халкъияй поэтесса жиндир мунагьал чураяй Фазу Г1алиева.
|
Автор.И.Мух1амадов.Декабрь 2016с.
Хунзахъ ккола республикаялдагун улкаялдаго, х1атта, т1олабго дунялалда ц1ар раг1арал, машгьурал поэталгун хъвадарухъаби рахъараб район. Гьез к1удияб рух1иябгун маданияб ирс тана нилъее. Исана 150 сон т1убала маг1арулазул адабияталъе кьуч1 лъурал классиказул цояв Бакьагьеч1иса Ч1анк1а (Тажудин) гьавуралдаса. К1одо гьабулеб буго республикаялъулаб даражаялда, т1орит1улел руго г1емерал тадбирал. Гьединаздасан цояблъун бук1ана 8 декабралда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1араб дандеруссинги.
|
|