Вторник, 30.04.2024, 18:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Май » 31 » КЪИМАТАБ Г1АДАТ.. РОСДАЛ КЪО.
19:37
КЪИМАТАБ Г1АДАТ.. РОСДАЛ КЪО.

Жибго-жиндаго ч1араб административияб г1уц1иялъул статус щвараб росу буго Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул Гъулгъутаналда бугеб Самилахъ. Цебе г1и-боц1ухъабаз, хурухъабигун харихъабаз ва росдал маг1ишаталъул цогидал х1алт1абазда ругез г1умру гьабулеб бук1араб бак1алда, жаниб гьоркьохъеб школа, культураялъул рукъ, медицинаялъул пункт, рукъзабахъ газгун ток ва г1умру гьабиялъе х1ажаталщинал шарт1ал г1уц1араб гьанже заманалъул 400-ялдасаги ц1араки бугеб росу ккода Самилахъ. Буго гьениб росдал администрация, г1умру гьабулеб буго 1595 чияс. 

Чанго сон буго гьениб бак1алъулаб администрациялъул х1аракаталдалъун росдал къо к1одо гьабулелдаса. Гъоркь рук1араз гьабулеб батараб лъик1аб г1адат хвезе теч1ого Самилахъалъул бегавул Х1айдарбегов Мух1амадица росдал активги данде гьабун суал борхана исанаги гьеб тадбир т1обит1изе ккеялъул ва г1емерго балагьун ч1езе ккеч1ого 26 маялъ Самилахъалда росдал къо к1одо гьабуна. Райадминистрациялъул бет1ер Х1ажияв Дарбишев, культураялъул управлениялъул начальник Х1асанов Мах1ач, спорткомитеталъул председатель Х1айдарбегов Г1абдукъадир, росдал интеллигенция, рагъул ва зах1маталъул ветеранал, зах1маталъул церехъаби, школлъималазде г1унт1унги г1ахьаллъана киназего г1аммаб рохалил дандеруссиналда.  Г1ахьаллъараздехун баркиялъулаб к1алъайги гьабун гьеб рагьана ва лъуг1изег1ан нухда бачана жамаг1атчи Т1алх1атов Х1асаница.

К1алъазе вахъарав районалъул нухмалъулев Дарбишев Х1ажиясги баркана данделъаразда росдалго байрам. Халкъ гъункиялъе, г1адамазул гьоркьолъаби щулалъиялъе гьединал къиматал тадбиразул бугеб к1варалъул, гьединго росулъ г1адамазул рук1а-рахъиналъулъ, г1умру-яшавалъулъ лъугьарал социалиялгун культуриял церет1еялъул бицараб к1алъай гьабуна гьес. Хадубккунги гьел лъик1лъизариялъе райадминистрациялъги х1аракат бахъилин, бажараралдалъун кумек гьабилин раг1и кьуна районалъул бет1ерас. Г1адамазул рек1елъе бортулеб, маг1наяб к1алъай бук1ана Самилахъалъул библиотекаялъул заведующая Х1ажиева  Рукъигатил. Цере рахъана районалъул культураялъул рукъалъул ва Самилахъ гьоркьохъеб школалъул х1аракчаг1и. Г1енеккаразе асар гьабураллъун рук1ана Дагъистаналъул мустах1икъай артистка Г1айшат Тажудиновалъул, Чаран Султ1анбеговасул, цо-цо школлъималазул. К1удияб гъираялда балагьана байрамалде рач1арал чуял риччаялъухъги. 5-3-2-сверут1а ричана гьел. Бергьаразе рук1ана горал, г1урцулал сайигъатал. К1иго командаялда гьоркьоб х1ана футболги. Чемпионлъун бахъараб команда к1одо гьабуна сайигъатаздалъун.

Кванилал столазда нахъа сух1мат-кеч1гун лъик1аб х1ухьбахъиялдаса хадуб русана г1адамал рукъ-рукъалде.

М. Х1асанов, 

Просмотров: 707 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz