Автор.М.Х1асанов.май 2013с.Жибго-жиндаго ч1араб административияб г1уц1иялъул статус
щвараб росу буго Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул Гъулгъутаналда бугеб
Самилахъ. Цебе г1и-боц1ухъабаз, хурухъабигун харихъабаз ва росдал маг1ишаталъул
цогидал х1алт1абазда ругез г1умру гьабулеб бук1араб бак1алда, жаниб гьоркьохъеб
школа, культураялъул рукъ, медицинаялъул пункт, рукъзабахъ газгун ток ва г1умру
гьабиялъе х1ажаталщинал шарт1ал г1уц1араб гьанже заманалъул 400-ялдасаги
ц1араки бугеб росу ккода Самилахъ. Буго гьениб росдал администрация, г1умру
гьабулеб буго 1595 чияс.