Пятница, 26.04.2024, 15:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 2
Гостей: 1
Пользователей: 1
zaxrosdal

Главная » 2016 » Сентябрь » 30 » ХУНЗАХЪА К1УДИЯВ ГIАБДУРАХ1МАН.
17:17
ХУНЗАХЪА К1УДИЯВ ГIАБДУРАХ1МАН.

Хунзахъ росулъа КIудияв ГIабдурахIманил гIемер бицуна гIадамаз. Гьев вукIув вуго божизе захIматаб къуваталъул, ракI лъикIав ва гIадамазе кумек цIикIкIарав чи. Гьесул тIолабго гIумру ун буго бакIабщинаб хIалтIуда, амма ресукълъиялда. Нижее бокьун буго гьаниб гьев нартав гIадав магIаруласул хIикматаб жигар-жан жидедасан бихьулел цо-цо лъугьа-бахъиназул бицине.

Росдал гIолохъабигун цадахъ ГIабдурахIман гIемер унаан лъебелазул рохьове цIул къотIизе. Гьале, бегизабула гьес рохьобго кIудияб гъветI. Амма гIолохъабазул рохел хо­ла. Гъветl тIаде ккола ГIумалав абулев чиясде. I2 чи тIаделъаниги гъветI багъаризабизе кIоларо. ТIаде вачIуна ГIабдурахIман. ГIолохъабазда абула гвенд бухъеян. Рихха- хочарал гIолохъабаз хехго тIубазабула КIудиясул амру. ГIабдурахIман чехь тIаде гьабун гвендинив вегула ва хIатIалги разарун гъотIол цояб рахъ бигьа гьабун добегIан лъола.

ГIабдурахIманил бергьараб махщел букIана гIурулъа цIул бахъизе. ЦIакъ тIадагьго хIалтIулаан гьев лъелъ.

Цо нухалда кираялъ ун вачIунаго ГIабдурахIманида дандчIвала цIакъ гъалдибер кIудияв рекIарав. Мискинчиясде гьесул ракI щоларо ва вачIинахъего гьев валъаргъине лъугьуна:

- Мунищ КIудияв ГIабдурахIман? — ян гьикъула гьес.

- Уха, гьудул, дун вуго.

- Мун чIвазе кколаха...

- ЧIваге, гьудул, дурго ну­халъ а. Нилъее питна щай.

РекIарав цIакъ лъугьуна ГIабдурахIманил хIал бихьизе чодаса рещтIуна ва хвалчен бахъула.

Гужгаталъул квалчIабиги рачлихъе рахъун КIудияв чIухIухъанасде тIаделъула. Цин кодоса хвалченги бахъун, кодойги ккун нухлул ракьанда бугеб ганчIида аскIове вачуна ва цо гвандинивги лъун тIаде гамачIги ккезабун, хьолбохъ хвалченги эхетун, ганчIида чуги бухьун тола.

- ГIурумухъалъул чи вихьула, мунго вигьараб мехалъ аха, гьудул, эхеве, - янги абун ГIабдурахIманицаги нахъе хазабула.

Бицен буго эхере унелги, эхеде рачIунелги данделъун 7 чи гIезегIан кIун гьечIила гамачI нахъе гиризейилан.

ГIабдурахIман ккола ханзабазул заманалъул чи. Хунзахъа Хъайтмазицаги гьесда хIалтIи малъулаан. Цо нухалъ Хъайтмазил азбаралъуб цIул бичIулев вукIарав КIудиясде тIаде щола хважаинасухъе кагъат босун вачIунев Игьалиса чапар. КIалъа-басай гьабулеб мехалъги гьев гIорцIмида рекIахъен чIун вукIун вуго. Ва хадуб гъоркье лъугьунаго ГIабдурахIман «ЧIа, лъугьунге гъоркье» - янги абун аскIове вачIун вуго. ГIорцIмида кверги бахъун гьев чахьикье лъугьун уна ва ункъабго бохги ккун кьегIер гIадин гьебги кодобе босун, цо нухалъ азбарги сверун, босун кавудахъ лъола.

- Дудаго лъан букIине, росдал рагIалде щвараб мехалъ рекIарав гIодове рештIине ккола, — ян абуна ГIабдурахIманица.

Гьелдасанги нилъеда бихьула ГIабдурахIман умумузул лъикIал гIадатал цIунулев чи вукIараблъи.

ГIабдурахIманица жигараб гIахьаллъи гьабулеб букIун буго росдае пайдаял хIалтIабазулъ. Масала, лъим бахъиялда, кьоял раялда, нухал къачIаялда, гавабалъ. Гьесде гIемер кколеб букIун буго гьецIо, къоно, тIалаби рахъизе ва гьел раччизе. КIудияб къоно кумек гьечIого гьакиде бахинабизе ккараб мехалъ, гьес цояб гьакиберги бахъун, мали гIодоб цурабго гьенибе бахинабулеб букIун буго. Хадуб квераца малиги кодобе борхизабун, аскIов вугесда абулеб букIун буго xloситIа гьакибер хеян. Гьединал бакIал хIалтIаби гьаризе кколел рукIаниги, ГIабдурахIман, бицанихъе, вукIун вуго кваникъав чи.

Росдал харабаз бицуна, ГIабдурахIманица кидаго жиндирго гьаказда кира гIемер лъолаанилан. Цо нухалъ гьеб бакIлъидал цояб оц чвархъан гloдоб бегун буго. ГIабдурахIманицаги, гьебги биччан, рукьалда жиндирго гъеж базабун буго. Гьедин цIан буго гьоко Иги рагIалде тIаде рахинегIан.

Цо нухалъ Хъайтмазица жиндихъего ахIула ГIабдурахIман. Гьесие сайгъаталъе кьола цIакъ чIухIараб тIимугъ. ГIабдурахIман гьеб босизе инкар гьабун чIун вукIаниги, тIаделъун босизабула. ТIимугъги босун вачIунев ГIабдурахIманида годекIанир рукIарал гIолохъабаз абула:

- ГIабдурахIман, дуе щун бугеб цIакъаб тIимугъ.

- ЦIакъаб гьечIо гьаб, хъубаб буго, - ян жаваб кьола гьес. - Нужеда лъаларо, гIолохъаби, алда хадуб дида малъизе бугеб жо.

Гьедин ккезеги ккана. ТIимугъалъухъ гьес Парилал абурал бечедал гIадамазе хъиру гIанлъун кIудияб подвал гьабиялъул къиса гьадин лъугIула. ХIуригат ккун хадуб Парилазул хазина бахчараб бакI лъалеб батиялда щаклъи ккун ГIабдурахIман цIех-рехалъе ахIула. Лъаларилан жаваб кьола ГIабдурахIманица ва гьелъие гIоло буюрухъ кьола гьев подвалалъув тIамеян. Вачун унев ГI абдурахIман подвалалъул кIалде щваравго велъула.

- Щиб, нижеда тIад гурищ велъулев вугев? - ян ццин бахъуна цlex-pex гьабулезул.

- Гуро, гьудулзаби. Дицаго бухъараб бакIалде дунго ккараб мехалъ велъизе бачIана, -ян абуна ГIабдурахIманица. Подвалал рухъи гIадал захIматал хIалтIаби малъулезда бечедазул балъголъаби лъаларилан абидал гьев нахъе виччала.

ХIалтIи гьабулеб мехалъ, кверазул хъал къвакIизабулилан, ГIабдурахIманица гьезда цIамул лъим бахунеб букIун буго. ЧIухIулароанила ГIабдурахIман жиндирго бергьараб къуваталдаса. КIудияб сабруялъул, гурхIел цIикIарав чи вукIун вуго гьев. ГIумруялда жаниб, рес къотIидал, гIицIго цо нухалда вагъизе ккун вуго гьев. ГIумруялъул ахирал соназдаги ГIабдурахIман вукIун вуго ракI аваданав чи.

Р. ГIамирханов.

М. Пазлудинов

Просмотров: 433 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz