Автор.Расул Г1амирханов.Хунзахъ росу.Сентябрь 2016с.
Чорхолъ цIикIкIараб къуват-жан бугел гIадамазда гьоркьов Хунзахъ росулъ гIемер рехсола Хочоев АхIмадил цIар. АхIмад вукIана гьоркьохъеб лагаялъул, кIигъуждулъа гIебав, гъеж-квер бицатав, жанив цIураб къаркъалаялъул чи.АхIмадил мадугьал, жиндир мунагьал чураяв, МухIамадов МухIамадица (АтахI) бицунаан М ахIачхъалаялде АхIмадихъ битIун букIанила I00 литр тIолеб бочка цIураб нарт босизе. Эхеде щвараб мехалъ 40-45 метралъул манзилалъ, гъажалда бочкаги лъун, вачIанила гьев жаниве лъугьун - ма гьале, бухIулел рукIаянги абун.