Пятница, 26.04.2024, 03:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 22 » ХУНЗАХЪ МУЗЕЙ: ЦЕРЕТ1ЕЯЛГИ МАСЪАЛАБИГИ.
12:49
ХУНЗАХЪ МУЗЕЙ: ЦЕРЕТ1ЕЯЛГИ МАСЪАЛАБИГИ.

Жакъа къоялде щвезег1ан халкъаз, миллатаЗ нахъа тараб нух, гьезул культура, тарих, г1адатал, г1амал-хасият, рук1а-рахъин ц1и-ц1иял г1елазда лъазабулеб бак1лъун ккола музей. Музей ккола аралдаги гьанжесебгун бач1унеселдаги гьоркьоб лъураб кьо. Халкъ халкълъун, миллат миллатлъун хут1иялъе музеязул к1вар бук1инч1ебани, гьел ч1ах1и-ч1ах1иял мегаполисаздаги г1исинал росабалъги гьарилароан.

Нилъер районалдаги руго Россиялъул регионаздаса гуребги, къват1исел улкабазул г1адамал рач1унел музеял: Хунзахъ тарихалъулгун г1агараб ракь лъазабиялъул музей, Ц1ада Х1амзатил рукъ-музей, Лъаг1илухъ Г1абасил Мах1амадил Авар адабияталъул рукъ. Бищун к1удияб, экспонатаздалъун бечедаб буго Хунзахъ бугеб музей. Араб-исанасеб соназ г1емерал х1алт1аби гьаруна гьенир. Жидерго церет1еязул, цереч1арал масъалабазул бицана музеялъул директор Г1алиев Шамилица.

Г1алхул х1айваназдаса нек1сиял раг1азде щвезег1ан

Музеялъул каву рагьун жанибе х1ет1е бегьулелъул, рач1унезда т1оцебе «дандч1вай» гьабула музеялъул х1алт1ухъабаз гуреб, к1удияб ччуг1ица гьал къояз гьеб кавудахъа т1аде босун раг1ула. Музеялъул рагъида куйдулгун «гьудуллъиялда» ругоан бац1гун хъабаболъон ва цойгидалги г1алхул х1айванал. Гьабсаг1ат музеялда, исана т1аде гьабураб ц1ияб залги малъун, буго 16 зал. Музеялъул хъвай-хъваг1аялда буго 6500-ялдасаги ц1ик1к1ун экспонат, исана т1адеги бач1ана 3000-г1ан экспонат. Т1аде гьаруна ханзабазул байрахъал лъураб, умумузул къайи-къоно, т1аг1ел-алат лъураб ва рух1ч1аголъабазул залал. Оцх1ут1аздаса, борхьаздаса байбихьун, х1анч1и, Каспий ралъдал ччуг1би, циялде г1унт1унгицин г1алхул х1айванал-Дагъистаналда рук1унел рух1ч1аголъабазул кинабниги 300-г1ан экспонат нилъер музеялъе щвана Мах1ачхъалаялдаса Дагъистаналъул пачалихъияб музеялъул ц1ияв директор Х1ажиев Тельманил кумекалдалъун.

Мах1ачхъалаялдаса Хунзахъе 3 рейс гьабун машинабаз раччана х1айванал. 30-40 соналъ цебе гьарун рук1арал чучелаби эхеде росулаго цо-цоязул бох, бет1ер т1ун, х1ул-х1улун г1емерисел къач1ан ва къач1алел руго. 14 витрина-10 Мах1ачхъалаялдаса, 4 Ц1адаса босана музеялда ц1иял экспонатал лъезе.

Гьоц1алъ ГЭС бараб бак1алда ратана г1емерал нек1сиял алатал. К1удияб объект балелде цебе археологаз картаялде хал гьабула гьениб цебе заманаялъ щиб бук1арабали. Гьеб бак1алда шагьар, росу, хабзал бук1ун батани археологаз раскопкаби гьарула, г1иц1го гьелдаса хадуб гьез ихтияр кьола гьеб ракьалда ц1ияб бак1 базе. Гьедин, ГЭС бараб бак1алда археологиялъул раскопкаби гьаридал, археологаз «Ортаколинское поселение» ян ц1ар лъураб бак1алда ратарал т1аг1алабазул Хунзахъ музеялде 3 машина ц1уна. Гьеб къайи-къоноялъухъ хал-шал гьабидал бич1ч1улеб буго гьел ц1адуе лагълъи гьабулеб, г1емерал аллагьзаби ругеб заманаялъ (языческий период) рук1арал ругеблъи. 52 могильникалъуб руччабазда цадахъ ратун руго баргъич-курхьен гуребги, ц1араг1ги; бихьиназда цадахъ ратана нус, гьеб рек1инабулеб жо. Поселениялда ратарал г1емерал кескал седон лъугьун руго ч1ах1иял раг1ал. Дун музеялде щвараб къоялъги раг1ил седезе хут1араб рахъалъул кескал данде ккезарулев, гьел цоцазда седолев ватана музеялъул директор. Цойгидал т1аг1алабазеги реставрациялъулал х1алт1аби Шамилица гьарулел ругоан. Раскопкабаздаса т1аг1алаби щвеялъул рохелалда цадахъго, гьел лъезе рукъ гьеч1олъиялъ рак1 бакъван буго музеялъул х1алт1ухъабазул.

Зал гьеч1олъиялъ, цоцазда релълъинч1ел 90 г1уч1алт1ан бан буго музеялъул рагъидал къадазда. Г1уч1алт1аналъул гьединаб коллекция Хунзахъ гурони, Дагъистаналда кибго гьеч1илан бицана Г1алиев Шамилица. Музеялъул нек1сияб минадул рагъаби рагьарал ругелъул, хасало гьел къадаздаса нахъе рахъизе ккола.

Музеялъул ресалдасан к1иго зал ток бачун, штукатурка гьабун, лажбарал рахун къач1ана. Гьал къоязда музеялъул директорас ричун росун руго умумузул бихьиназул ва руччабазул рет1ел-хьит, музеялде рач1арал г1адамазе гьебги т1ад рет1ун суратал рахъизе рук1ине.

20-г1ан соналъ гьабич1еб х1алт1и гьабунила ахирисеб соналда жаниб жидецаян бицана Ш. Г1алиевас. Г1одоре риччан, бугелда г1ей гьабун ч1езеги к1велаанила, амма г1адамазда ц1иял экспонатал рихьизаризе бокьулеб бугила.

 

Гьабизесеб жеги цебе буго

Ц1айи бугел х1алт1аби гьаруниги, музеялъул х1алт1ухъабазда цереч1арал масъалаби г1езег1ан руго. Бищун т1оцебе музеялъе х1ажат буго капиталияб ремонт. 22 сон гьаб минаялъубе музей бахъун бук1аниги, пачалихъалдаса ремонталъе цониги нухалъ г1арац щвеч1илан бицана Шамилица. Цо-цо залазд, ч1абар туриялъ г1емерал г1адамал цадахъго риччазе бегьуларин абуна гьес.

Чара гьеч1ого х1ажат буго гьебгощинаб экспонат бугеб музеялъул гордазда решеткаби лъезеги. Решеткаби гьеч1олъиялъ, гъансиниб ц1унун буго умумузул ярагъ. Гьеб чанго соналъ цебе бикъун ун бук1ун, т1ад буссун щвана музеялъе.

Г1емерал экспонатал руго жанир лъезе залал гьеч1олъиялъ цо-цо рокъоре руссинарун хут1ун.

Бокьун буго музеялда районалъул щибаб росдал бок1он гьабизе. Гьединго, 18-19 г1асруялъул маг1аруласул, ч1арбида жужай т1ун, къадал деялъ рохьун, жаниб гъансито, нар, умумузул т1аг1ел-г1уч1 лъун, михир бачунеб т1ох гьабун, рукъ гьабизеги.

Х1ажат руго бат1и-бат1иял стендал гьаризеги. Цо гьоркьохъеб стенд гьабизецин къвариг1унеб буго 7-8 азарго гъурущ.

Районалъул тарих бокьулев, гьеб ц1унизелъун музеялъе цого-цо бажарараб кумек гьабулев чи вуго Хъайнтмаз Аварский (пачаясул армиялъул полковник Хъайнтмаз Г1алихановасул, гьесул ц1ар лъурав, ирсилав). Гьес музеялъе кьуна ханзабазул суратал. Ханзабазул к1алг1адул суратал ва цогидалги жал музеялъе кьелин вук1ана Хъайнтмаз. Бук1ине кколедухъ ц1уна-къазе рес гьеч1олъиялъ кьеч1ого тезе ккана.

Ахирал соназ музеялде рач1унел г1адамал г1езег1ан ц1ик1к1ана. Гьал къояз музеялде рач1ун рук1ана, Дербенталде Петр 1-сул рукъ-музей рагьулеб дандеруссиналде рач1арал гьалбадерил 40-г1ан чи. Гьезда гьоркьор г1емерисел рук1ана, къват1исел пачалихъаздасацин, музеялъул директорзаби (Петергофалъул музеялъул, наиб Х1ажимурадил бет1ер ц1унун бугеб Кунсткамералъул ва гь.ц.), ТАСС информбюроялъул директор ва цогидалги. Гьалбадерие нилъер музей кутакалда бокьана, амма ремонт гьабизе ккелин бихьизабуна.

Вач1анщинав г1емерисев чи жаниве лъугьунеб, районалъул гьумер кколин музей, гьеб къач1ач1ого бук1иналъ рак1 унтун буго гьелъул директорасул. Г1арани бугеб хъала музеялъухъе кьун (гьенибги ремонт гьабизе ккола) ялъуни бугебго музеялъул мина къач1ан иш роц1ц1инабизе бокьун буго Г1алиев Шамилие.

П. Гунашева.

 

Просмотров: 808 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz