Автор.П.Гунашева.Август 2015с.
Жакъа къоялде щвезег1ан халкъаз, миллатаз нахъа тараб нух, гьезул культура, тарих, г1адатал, г1амал-хасият, рук1а-рахъин ц1и-ц1иял г1елазда лъазабулеб бак1лъун ккола музей. Музей ккола аралдаги гьанжесебгун бач1унеселдаги гьоркьоб лъураб кьо. Халкъ халкълъун, миллат миллатлъун хут1иялъе музеязул к1вар бук1инч1ебани, гьел ч1ах1и-ч1ах1иял мегаполисаздаги г1исинал росабалъги гьарилароан.
|
Автор.Баху Мух1идинова.Август 2015с.
Хадубги рак1алда бук1ахъе кинабго т1обит1илилан лъугьана гьанжеги бекьеч1. Амма, палугьаби кьурун руссун ч1ана, т1аде-хариялъул рач1инила… Бичас биччани, - ян.Спорталъул къецал т1орит1ана бищун т1адег1анаб даражаялда. Гьел гьедин иналда киг1ан дагьабниги щаклъиги бук1инч1о бекьеч1дерилги… Щайгурелъул, гьеб т1аде босарал ва т1ок1аб бук1инаребг1ан лъик1 гьеб бачарал чаг1и рук1ана ДГПУялъул доцентал, педагогикиял г1елмабазул кандидат Г1усманов Мух1амад Г1усмановичги, «Физкультураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан», Дагъистаналъулго волейболистазул бет1ерав тренер Къадилмух1адов Мух1амад Шахшаевичги.
|
Автор.Г1амирхан Г1исалов Гъуниб росу.Август 2015с.
Зах1матаб заманалда г1адамазда рак1алде щвей, гьезие х1ажатавлъун вук1ин, жиндир кумекалъухъ хьулгун, божилъигун анц1-анц1 ва нус-нус г1адамал рук1ин ва жиндир гьунаралъ, махщелалъ гьезул ургъел бигьалъизабизе ва къезабизе к1олевлъун вук1ин гьеб ккола к1удияб талих1. Бац1ц1адаб иццулъ лъедолеб бакъг1адин кенч1ола г1адамазда гьоркьов сахлъи ц1униялъе Бет1ергьанас сабабалъе кьурав тохтур.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Август 2015с.
-Районалда г1емераб халхъ бак1арулел объектазда х1инкъи гьеч1олъи бук1инаби; - Лъайкьеялъул г1уц1абазда терроралдаса ц1униялъул тадбирал ва гьелда хурхун гьабулеб профилактикияб х1алт1и рахъи кьоледухъ г1уц1и;- Террористазул, закониял гурел г1уц1абазул х1аракатчилъиялдаса г1олилал ц1уни г1адал ва гьединабго мурадалъул районалъул г1умруялда жакъа къоялда к1вар ц1ик1к1арал суалалги рорхун гьал г1агарал къоязда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул иргадулаб данделъи. Г1адатлъун батухъе комиссиялъул членал гуребги, гьеб данделъиялда г1ахьаллъана ФСБялъул, прокуратураялъул, лъайкьеялъул, сахлъи ц1униялъул, пожарнияб отделениялъул ва цогидалги г1уц1абазул нухмалъулел, росабазул бегавулзаби, школалъул директорзаби. Г1ахьаллъаразул халгьабиялде росарал суалазулгун лъай-хъвайги гьабун данделъи рагьана ва гьеб нухда бачана ФСБялъул районалъулаб отделалъул начальник, терроризмаялде данде къеркьеялъул комиссиялъул председателасул заместитель Г1амирханов Т1алх1атица.
|
Автор.П.Гунашева.Август 2015с.
Гьел асарал г1адамазда рихьизе исана Кизляралде росун рук1ана. 7 августалъ Аварагасул (с.г1.в.) асарал рач1ана нилъер районалдеги. Ич1го къоялъ Хунзахъги бук1ун, 15 августалъул сардилъ нахъа - 16 августалъул радакь г1ужалъ наже ана баракатаб зиярат.Районалде зиярат бач1иналде цебеккун хасаб х1адурлъи гьабун бук1ана районалъул, хасго хундерил жамаг1аталъ.
|
|