3 ноябралъ районалъул культураялъул к1алг1аялда Халкъазул цолъиялъул къо к1одо гьабун т1обит1ана байрамалъулаб данделъи. Митингалда г1ахьаллъизе рач1ун рук1ана районалъул бет1ер С. Юсупов, райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев, райадминистрациялъул аппараталъул х1алт1ухъаби, районалъул идарабазул нухмалъулелгун х1алт1ухъаби, интеллигенциялъул вакилзаби. Митингги рагьун данделъаразда т1аде щолеб бугеб байрам баркараб 1алъай гьабуна культураялъул отделалъул нухмалъулей Мух1амадова Ирайгьанатица.
Улкаялда цолъи гьеч1они бокьарав тушманасдаса къезе рес бугила гьелъие мисалалги г1емерал ругила, доб нек1сияб 612 соналъги халкъалъул цолъиялъ к1ванила г1урус халкъалда чияр ракьал рахъулел полякалги нахъе рачахъун улкаялда ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал букинабизе, К1удияб Ват1анияб рагъул соназги халкъалъул тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ц1унана улка фашизмалъул лагълъиялдаса, Надир-шагьги халкъалъул цолъилъ щущахъ виххизавуна. Кибго бук1ине кколила цолъиги раг1и данде ккейги – ян к1алъана Саг1ид Камилович.
Гьединабго маг1наялъул к1алъаял рук1ана Хваджаев Хважал, Хъазанбиев Г1алибегил ва цогидал цере рахъаразулги.
Митингалъул к1иабилеб бут1аялде районалъул культураялъул х1аракатчаг1аз г1ат1идаб программаялъул концерт х1адур гьабун бук1аниги нагагьаб балагьалдалъун лъабгог1ун г1олохъанчи г1умруялдаса ват1алъун вук1иналда бан гьеб нахъ бахъизе ккана.
|